Дагъистаналъул халкъияв учитель, Россиялъул мустахIикъав учитель Бартихан ГIумаров 19 соналъ хIалтIулев вуго Буйнакскиялъул профессионалиябгун педагогияб колледжалда директорлъун. Миллиял мацIазде бугеб бербалагьиялъул хIакъалъулъ бицана гьес нижее. — Кинал хиса-басиял гьарун ругел колледжалда ахираб заманалда? — Педагогияб училище рагьун букIана мугIрузул районазе учительзаби хIадуриялъул мурадалда. Гьанир хIадурулаан байбихьул школалъе педагогал. Улкаялда чIахIиял хиса-басиял ккун...

