Новость на родном

Дагъистаналъул бетIерав казначей — ГIабдулпатахI ГIамирханов

         22 марталда Федералияб Казначействоялъул ДРялда бугеб Управлениялъул (УФК) нухмалъулевлъун тIамуна экс-премьер ГIабдулпатахI ГIамирханов. Гьеб мурадалда МахIачхъалаялде вачIарав Федералияб Казначействоялъул нухмалъулесул заместитель Эли ГIисаев дандчIвана ДРялъул бетIер Сергей Меликовгун. Гьеб дандчIваялда вукIана хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги.   Сергей Меликовас Эли ГIисаевасда абуна бицен гьабулеб хъулухъалде ГIабдулпатахI ГIамирханов тIамизе рахъккуралъухъ гьев жанив хIалтIулеб...

Новость на родном

ЖамагIаталъул газа кьурда рекIунеб

     2022 соналъул 26 марталда, сагIат 10-ялда, байбихьизе буго умумуз цебе бахъун букIараб, гьанже цIиял тIалабазда рекъон, росабазул жамагIатазул гIарцухъ бахъулеб бугеб Бузнаса нухалъул кIиябго рахъ данделъулеб бакIалда, киналго магIарул районазул вакилзаби данделъараб тадбир.    ХIурматиял диналъул вацалги яцалги, районазулги росабазулги бутIрул, имамзаби, хъулухъчагIи, бизнесчагIи, спортсменал, сахаватал муъминзаби! Нужерго беразда нухлуе гьабун бугеб ва...

Новость на родном

Информациялъул ва печаталъул Агентствоялъул цIияв нухмалъулев

     Гьал къоязда информациялъул ва печаталъул рахъалъ цIигIуцIараб ДРялъул Агентствоялъул нухмалъулевлъун тIамуна ГIабдуразакъ Жамалудинов. Гьелде щвезегIан гьев кколаан гьебго идараялъул нухмалъулесул (информациялъул ва печаталъул министрасул) гIакълучи.    Министерствоялде вачIинегIан Жамалудинов хIалтIана Транспорталъулгун энергетикаялъул ва бухьеналъул министерствоялда, гIиси-бикъинаб ва гьоркьохъеб даран-базаралъул рахъалъ гIуцIараб комитеталда. Гьединго нухмалъи гьабуна юридикияб централъе.   «ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ ракI-ракIалъ баркула...

Новость на родном

«ТIаде вахъун Шамил вачIуна дихъе, дун дова гьечIилан, дун гьанив вугин»

      «ХIакъикъат» газеталъул жакъасеб номералдаса байбихьун нижеца рагьулеб буго Имам Шамилие сайигъат гьабураб хасаб рубрика. Исана 225 сон тIубала гьев гьавуралдаса. Гьелда бан, гьаб сон ахиралде щвезегIан гIемерал тадбирал тIоритIизе руго республикаялда. Гьелъул хIакъалъулъ бицине 17 марталда редакциялде рачIун рукIана имам Шамилил цIаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб Фондалъул нухмалъулев ГIалиаcхIаб Хархачаевги, Халкъияб Собраниялъул депутатал...

Новость на родном

Аятаз гурони сахлъуларел гIузраби

    Нилъее балъгояб жо гуро Аллагьас инсанги, малаикзабиги ва женалги рижун рукIин. Жундузда кIола инсанасул чорхолъе лъугьинеги. Кинха гьездаса цIунилел? Щиб нилъеда лъазе тIадаб бугеб? Ва кин гьел чорхолъа инарилел? Гьел суалазе баян кьезе кумек гьабуна Къуръан цIалун гIадамал сах гьарулев Будунов МухIамадхIабибил кумекчIужулъун хIалтIулей МухIамадова ГIаишатица. — ГIаишат, Къуръаналъухъ гIенеккизе нужехъе рачIунел руччабазул...

Новость на родном

«Баркала, мугIалим, дур лъикIлъиялъухъ»

    12 марталда абадияб рокъове ана хIаракаталъул цIураб ракIалъул, гIужилаб пикруялъул ва бергьараб пагьмуялъул инсан Гьонодаса МуртазагIалил вас Каримуллагь-хIажи. МагIарулазда рагIичIев, лъаларев чи вукIинчIо гьев. ГIемерал соназ Гъуниб районалъул имамлъунги хIалтIарав, тIарикъаталъул устарзабазул, гIалимзабазул, шайихзабазул, магIарулазул тарих чIаго гьабурал гIадамазул гIумрудул хIакъалъулъ кIвахI гьечIого гIемерал тIахьал хъварав, бергьараб хIаракаталъул инсан вукIана Каримуллагь-хIажи.    ...

Новость на родном

Дагъистан-устарзабазул ракь

    Дагъистан рикIкIуна халкъияб художествияб устарлъиялъул заповедниклъун. Цебегоялдаса нахъе гьаниб цебетIураб букIана батIи-батIияб тайпаялъул устарлъи: махх къачIай, цIулада ва ганчIида рикIун накъищал рахъи, шагIил тIагIелал гьари, халичаби ресси, меседил куналъ угьари ва гь. ц. Гьоркьохъел гIасрабазда Дагъистаналда рукIана художествияб устарлъиялъул батIи-батIиял тIагIелал гьарулел хасал централ. Бищунго машгьураллъун рукIана Кубачи, Гъумухъ, ГьоцIалъ, Унсоколо, Балхар, Гъазданущи,...

Новость на родном

«Росдал учитель»: рачIа миллион босизе!

     ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъ республикаялъул учительзаби ахIулел руго «Росдал учитель» абураб пачалихъияб программаялда гIахьаллъизе. Гьелда рекъон росдал школалда хIалтIизе ине разилъарав учителасе кьолеб буго миллион гъурущги.   Программаялда гIахьаллъизе бокьарав учителас цIализе ккола 2020 соналъул 29 августалда ДРялъул хIукуматалъ гьабураб №185 хIукму. Гьенир рехсон руго проекталда гIахьаллъизе ккани, цIунизе кколел шартIазул...

Новость на родном

ГьитIинабго росулъ некIсияб гIадат

       ЦIакъ лъикIаб иш гьабуна газеталъул редколлегиялъ щибаб магIарул районазул гъваридго бициналде цIикIкIун кIвар кьеялдалъун. Гьелъ нижер жавабчилъиги цIикIкIана, росабазул гIумру рагьизе ресги кьола. Балъго гьабун щай, жибго гьитIинаб бугониги гьунарал гIемераб, гIадат-гIамал берцинаб ЧIарада районалъул гIумруялъул гъираялда бицуна дица. ГIадатлъун лъугьарал ва календаралъул байрамал цо гьоркьор риччачIого тIоритIиялдеги цIакъ кIвар кьола чIарадисез....

Новость на родном

Социалиял гьиназдаса бугеб хIинкъи

  14 марталда Россиялда Инстаграм къаялъ рахIатхун лъугьана блогерал, бизнесменал, шоу-бизнесалъул гIадамал. Социалиял гьинал къай гуреб тIокIаб кIудияб гIузру дунялалда гьечIеб кинниги гьеб гьукъиялдаса рорчIизе ресал ратана гIемерисезда. VPN абураб программаялъул кумекалдалъун, Россия гуреб цогидаб батIияб улкаялда гIумру гьабулеб бугин хъвани хIалтIулеб буго Инстаграм. Нилъер ракьцоязеги гьеб социалияб гьин букIана магIишат гьабизе, чед балагьизе рес...