1941 соналъул ахиралда Дальний Востокалъул микьабилеб дивизия, росабигун шагьарал фашистазул хъамалчагIазукьа эркен гьаризе, Тамбовалъул, Курскиялъул ва Воронежалъул мухъазде рачIана. Гьелда гьоркьоб букIана Шодродаса ШагIманил Ризваницаги ХIажимурадил МухIамадицаги хъулухъ гьабулеб 163-абилеб рекIаразул полкги. Цо нухалъ, гьужумалде иналде цере, полкалъул рагъухъаби чIун ругеб рахъалде тушманас тIаде разе лъугьана гумпараби. МухIамад вугеб рахъалда гумпараги...

