ХъахIилаб экраналдасан гIухьбузул яшав

 

Россиялъул телеканалазда — хьвацIихьиталги,  вехьасул къвачIаги, исана гьабураб кьегIерги

 

Гьал къоязда республикаялда бахъизе байбихьана хъутабаздаса гIи магIарухъе гочиналъул хIакъалъулъ «Перегон» абураб документалияб кино. Гьеб буго РФялъул Культураялъул министерствоялъул квербакъиялдалъун бахъулеб фильм. Гьелъул режиссер ккола Гъуниб районалъул Сугъралъа ГIабдула Бечедов. Москваялдаса рачIарал продюсеразулгун операторазул ункъо чиясдаса гIуцIараб къокъаялъе нухма­лъиги гьабулеб буго гьес. Фильмалъул хIакъалъулъ гьез бицана «Дагъистан»  РИАялда тIобитIараб пресс-конференциялда.

 

 

ГIухьбузда бихьулеб гIакъуба

 

Москваялдаса продюсер Анна Смирноваги, телеоператор Михаил Горабчукги, техникияв директор Евгений Смирновги ахIун руго Бечедовас республикаялде.

— Республикаялда гIи-боцIухъанлъиялде цIикIкIун кIвар кьолеб букIинги хIисабалде босун, цебего пикру букIана фильм бахъизе. Цин хъутабаздаса магIарухъе ва хадуб нахъбуссун гIи гочинаби бигьаяб гуреб иш буго. Дида гьеб бихьана, гьединлъидал бокьана гIухьбузул захIматалъул хIакъалъулъ кино бахъизе, — ян бицана ГIабдула Бечедовас

Цин бахъизе буго хъутабазда гIи къунцIиялъул кампаниялдаса байбихьун, хадуб магIарухъе ине къватIире рахъараб тIоцебесеб къоялдаса нахъе гIухьбузда бихьулеб захIмат-гIакъубаялъул. Хадуб, дагьабго гьоркьоб къотIиги гьабун, риидалил мучIдузде щвейгун, гIиял къавуда чанго къоги бан, гьенирги гьаризе ракIалда буго съемкаби. Лъабабилеб бутIаялда бихьизабизе буго хасалихъе гIи мугIруздаса хъутабазде гочунеб къагIида.

 

«Чукоткаялда ритIучIазул рехьед бихьарав магIарул куйдукьа хIинкъуларо»

 

     Дагъистаналда тIоцебесеб нухалъ хIалтIулей йигониги, кутакалда гъира бугин жиндир гьеб кино бахъизеян бицана Анна Смирновалъ.

— Дида бичIчIула кигIанго захIматаб хIалтIи гьеб букIин. Балеб цIадакьги пулеб гьорокьги, рогьаралдаса рукIкIинегIан гIиял рехъада цадахъ къокъине ккани, гьеб бигьаяб масъала гуро. Хасго дун гIадай, мугIрул согIлъи лъаларей гIаданалъе цIакъго захIматаб букIина гьеб нух. Нижер операторасеги бигьаяб иш гуро гьеб. Амма нужер гьаниве цевеги щварав чи вукIиналъ, гьесие дагьаб бигьаго букIине батила.  

    ГIухьбузда цадахъ ине ккеялъул абизегIанасеб ургъел гьечIин бицана Михаил Горабчукица. Риидалгицин цIер биунареб Чукоткаялда, чукчабазда цадахъ, ритIучIазул рехьед гочунеб куцалъул кино бахъун буго гьес чанго соналъ цебе.

— Кино бахъун лъугIизегIан, ай маялдаса бахъараб октябралде щвезегIан, гьанир рукIине нижер рес рекъеларо. РачIун-ун, пуланаб заманалде данде ккезабураб графикалда рекъон бахъизе буго гьеб, — ан бицана гьес. 

Халкъалда кино бихьизе буго 2023 соналъул маялдехун.

— Гьанже рахъун гьелъул хIакъалъулъ кино бахъизе кин ракIалде ккараб?

— Продюсер хIисабалда дица абила, тIоцебесеб иргаялда, миллияб нахърателалалъе гьеб пишаялъул (гIухьбузул захIматалъул) бугеб кIвар кIудияб буго, — ян абуна А. Смирновалъ. — Умумузул ба­хIарчияб гьеб иш кодобе босизе бокьарал гIолохъаби жакъа гIемер ратулел гьечIо. Лъиего бокьулеб гьечIо цIадакьги гIазукьги вехьасул тIил кодобе босизе. Амма ГIабдулае бокьун буго, цо гьеб рахъ гуребги, гIухьбузул захIматаб пишаялъ улкаялъул социалиябгун экономикияб гIумруялда кколеб бутIаги бихьизабизе.

Кино бахъулелъул съемкаби гьаризе гьез тIаса бищун буго Сугъралъ «Агрофирма».

 

Гьале мугIрул, гьале гIи, гIищкъу бугес босе тIил

 

Сордо базе рещтIараб бакIалда гIухьбузул яшавалъул, кванде гьел хIадурлъулеб куцалъул, хасго вехьасул хинкIал гьарулеб къагIидаги бихьизабизе бугин жидеца фильмалдаян бицана А. Смирновалъ. Гьелъул жиндиргоги цIакъ хьул букIин бихьулеб букIана гьезул хIалбихьизе. Амма ГIабдулае, щаялиго бокьун бугила, балеб цIадакь цIаги бакун, хинкIал гьарулеб къагIида бихьизабизе.

Гьединго киноялда рихьизаризе руго вехьасул къвачIаги, гъалараб тIагъурги, хьвацIихьиталги.