Бергьенлъиялъул Парадалда гIахьаллъана Гумбет районалъул Ингиши росулъа МухIамад Сайгидов. Анкьго класс лъугIарав МухIамад колхозалъул правлениялъ витIана хIисабчагIазул кур- сазда цIализе. Гьелги лъугIизарун росулъе тIадвуссарав гьев, 16 сон барав гIолохъанчи, тIамуна Гумбет районалъул Энгельсил цIаралда бугеб колхозалъул бухгалтерлъун. 1939 соналда ана БагIараб Армиялда хъулухъ гьабизе. КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб мехалда, М....

