Ахираб заманалда пачалихъалъ кIвар кьолеб буго Россиялъул халкъазул мацIал церетIезариялде. Гьелдаго цадахъ гьоркьоса къотIулелго гьечIо рахьдал мацIазул сагIтал дагь гьаризе ругилан абулел харбалги. Амма сундухъниги ралагьичIого, руго жеги ракI-ракIалъ рахьдал мацI лъималазда лъазе бугеб гъира свинчIел учительзабиги. МахIачхъалаялъул 11 гимназиялда магIарул мацIалъул учительлъун хIалтIулей йиго газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиеваги. Исанасеб цIалул соналда...

