Россиялдаса учительзаби — Тажикистаналда

Гьезда гьоркьой йиго Дагъистаналдаса анкьго учительницаги

Совет Союз биххаралдаса нахъе исана тIоцебесеб нухалда унев вуго Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса лъеберго учитель Тажикистаналде хIалтIизе гIурус мацIалда дарсал кьезе. Дагъистаналдаса, Башкириялдаса, Татарстаналдаса, Кемерово ва Кострома областаздаса учительзабаз кьезе руго гIурус мацIалъул, математикаялъул, химиялъул, физикаялъул дарсал. Гьединал шартIал Тажикистаналъул лъималазе чIезарун руго Россиялъулги Тажикистаналъулги цадахъаб проекталда рекъон.  ГьабсагIаталда учительзаби данделъун руго Москваялда.

Гьениб хасал курсазда гьезда малъизе буго Тажикистаналъул гIадаталги маданиятги. Дагъистаналдаса Тажикистаналде унев вуго анкьго учитель. Гьел киналго руго руччаби. Ине бокьарал гIемер рукIана. Гьезул къадар бахун букIана 300-ялде. ТIоцебесеб нухалда гьезда гьоркьоса вищана 70 учитель. Гара-чIвариялдаса хадуб вищана анкьгояв. Щиб мурадха бугеб гьел учительзабазул, ватIаналдаса рикIкIадеги ун, учительзабилъун хIалтIизе? ТIоцебесеб иргаялда, доба кьезе бугеб харж гьаниб щолелдаса цIикIкIараб букIин. Гьеб битIарабги буго. Тажикистаналъ учительзабазе кьезе буго моцIрое анцIила ункъазарго гъуруш. Щивав учителасе моцIрое лъабкъоаза-азар гъуруш кьезе буго Россиялъул Лъайкьеялъул министерствоялъги.
ПатIимат СагIидова 15 соналъ хIалтIана МахIачхъалаялъул школалда учительлъун. Гьелъие моцIрое щолаан 18 азарго гъуруш.
— ТIоцебесеб иргаялда, дица пикру гьабуна щвезе бугеб харжалъул. Гьединго бокьун буго хIалтIулеб бакI хисизе, батIияб пачалихъалда хIалтIизе. ЗахIмат буго, хъизанги тун ине. Гьенир хIалтIизе лъикIал шартIалги ратани, кинабго дие бокьухъе лъикIги ккани, гьениве хIалтIизе дир росги вачIине вуго. Гьев ккола физкультураялъул учитель, — илан бицана ПатIиматица.
Россиялъул Лъайкьеялъул министерствоялда абуна проекталда рекъон гьабулеб хIалтIи битIун ккани, учительзабазул кIиабилеб къокъаги ине бугин Тажикистаналдейилан. Гьезул къадар тIоцебесеб къокъаялъулалдаса цIикIкIараб букIине буго. ГIурус мацIалда дарсал кьун бажарулел учительзаби цIакъго дагьал руго Тажикистаналда.
— Дун разияй йиго церелъурал шартIаздаса — цIикIкIараб харж, гIумру гьабизе лъикIаб квартира, Душанбеялъул лицеязда бокьулеб хIалтIи, — йилан бицана Дагъистаналдаса гIурус мацIалъул учительница Загьра Асваровалъ.
Гьеб киналъулго бицунаго, Дагъистаналъул лъайкьеялъул министр ШагьгIабас Шагьовас абуна:
— Гьайгьай, Дагъистаналдаса учительзаби Тажикистаналде хIалтIизе иналъе гIиллалъун, тIоцебесеб иргаялда, ккола доба кьезе бугеб мухь. Учительзаби разиял гьечIо жидее республикаялда щолеб харжалдаса. Амма гьеб аслияблъун цониги учителас рикIкIунеб гьечIо. Аслияблъун буго учителасе жиндирго хIалтIи бокьи, — йилан.
ЦIияб цIалул соналде Россиялъ Тажикистаналъул школазе сайгъат гьабизе буго къого тонна цIалул тIахьазул ва пособиязул. Гьеб кинабго кьезе букIиналъул гьабураб къотIи-къайги буго. Гьелда гъоркь гъолбасана РФялъул Федерациялъул Советалъул бетIер Валентина Матвиенкоца. Гьединго Россиялъ Тажикистаналда базе буго гIурус мацIалда дарсал кьолеб къого школаги.
ХIакъикъаталдаги, материалияб рахъалъ мискинав учителасда кинха абилеб хIалтIейилан. Амма Дагъистаналъул учительзаби, жидее щолеб мухьдахъ балагьичIого, кIвахI тун, гIетI тIун хIалтIулел руго. Гьеб дида цIакъго бихьана Гъуниб тIобитIараб магIарул мацIалъул учительзабазул слеталдаги. АхIулеб кечIги, бухулеб къалиги, кьурдулел учительзабиги. ЩвечIел харжазул ургъелгицин букIинчIо. Гьединал учительзаби школазда ккун руго гIицIго махщалиде бугеб рокьиялъги гIищкъуялъги. Дица дирго гьалмагъалда, МахIачхъалаялъул цо школалъул учительницаялда гьикъана Тажикистаналде ине бокьиланищилан. Гьелъ жаваб кьуна бокьилаанин.
— Дие дирго хIалтIи кутакалда бокьула. Амма, лъимал кIудиял гIунагIан, гIолеб жо гIарацги батичIо. Дора харжал лъикIал ругоха. ХIалбихьизе бокьилаан, — ин абуна гьелъ.
Диеги, масала, бокьилаан. Рес бугони, щай бегьулареб. ВатIаналда хIалтIун лъагIалие щолеб буго, моцIалъе анцIила щуазарго гъуршил хIисаб гьабуни, кIинусазарго гъуруш. Добайин абуни, миллионалде гIагарун…
Дир хIисабалда, лъикI хIалтIизе ккани, учителасул материалияб рахъ щулияб букIине ккола. ГIарац гIолеб гьечIони, бизнесалде айилан абураб жоялъги лъиениги бигьалъи гьабуларо. Киназулго гуро бугеб махщел бизнес гьабизеги. Гьеб гьабизеги кколароан, гьабураб хIалтIуда рекъараб гIарац учителасе щолеб букIарабани. Дица гара-чIвари гьабурал учительзабазул гIемерисез гьенире инаанилан абуна, гIисинал лъимал ругел гIолохъанал учительзабаз хутIизегIан. Гьелгицин инаан, лъимал цадахъ рачине рес бугебани. Дир пикруялда, ватIан рихин гуро гьеб, гьелъул гIаксалда, гIагараб ватIаналдеги, вижараб ракьалдеги, тIасабищараб махщалидеги ритIухъаллъун рукIиналъ школазда жеги хутIун ругел учительзабиги ккола жакъасеб заманалъул багьадурзаби.
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА