Дагъистаналдаса нацIил унти Крымалде щвана
Ахираб заманалда баккун буго цебего кIочон тун букIараб унти – нацIал рай. Медицинаялда гьелда абула педикулезилан. Исана анкьго моцIида жаниб республикаялда гьеб унти бугел цIикIкIана 21 проценталъ. 2017 соналъул тIоцебесеб бащдаб лъагIалида жаниб 186 чи вачIана медицинаялъул идарабазде гьеб унтигун. Амма Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул баяналда рекъон, унго-унгоги гьеб унти бугезул къадар анцI-анцI нухалда цIикIкIун буго. Киналго гурелъул гьелъул хIакъалъулъ бицун тохтурасухъе рачIунел. ГIемерисез гьеб бахчулеб буго. Арал соназда букIараб хIасилалда рекъон бихьулеб буго гьеб унтуде данде къеркьолел гьечIолъи ва кIвар гьабичIого тун букIин.
2015 соналда педикулез унти 240 чиясде бахун батун букIана, 2016 соналда – 271 чиясде.
Специалистазул баяназда рекъон, гьеб унти бахаразул ригь 15-24 сон буго. НацIал рахаразда гьоркьор кIиабилеб бакIалда руго ясли-ахазде ва школалде хьвадулел лъимал, лъабабилеб бакIалда — 35-50 сон барал гIадамал.
Экспертаз абулеб буго, педикулезалъ унтаразул къадар цIикIкIун батулеб бугин ресукъал гIадамаз гIумру гьабун бугел, гьединго мискинлъи ва чороклъи бугел бакIазда. НацIал рай бахчун тезе бегьулеб жо гуро, гьелъие дару гьабичIони цогидаб захIматаб унтуде буссине бегьула гьеб. НацIаздаса гIадамазде цIадул унти бахине бегьула.
Нилъер гIадамазул гIадат буго лъималазул ахалдаса, школалдаса яги риидалил хIухьбахъиялъул лагералдаса гьеб унти лъималазде бахун бачIани, тохтурасдаса гьеб хIужа балъго гьабулеб. Школалде яги лъималазул ахазде ритIулел руго гьеб унти букIинги бахчун. Гьелъул хIасилалда нацI баралги цIикIкIунел руго.
Республикаялда педикулез унтиялъул ахIвал-хIал лъикI ва гьелъие дару гьабулеб гьечIеблъи тIатана исана март моцIалда Крым Республикаялда бугеб «Артек» халкъалда гьоркьосеб лъималазул лагералда халгьабидал. Лагералда хIалтIулел специалистаз халгьабидал, Дагъистаналдаса лъималазда нацIал ратана. Гьеб мехалдаго Дагъистаналда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъ 6.3 статьяялда рекъон санитариябгун эпидемиялъулаб низам хвезабуралъухъ протокол гьабун букIана МахIачхъалаялъул, Гъизляралъул ва Дахадаев районалъул тохтурзабазда тIад. Педикулез унти гьечIин абун гьересиял справкаби кьун ратана тохтурзабаз лагералде ритIулел лъималазе. ГIакIа къотIана гьел тохтурзаби хIалтIулел рукIарал медицинаялъул гIуцIабаздеги. Амма гьелдалъун педикулезалдаса гIадамал цIуниялъе гьабизе кколеб хIалтIиги лъугIизе тараб къагIидаха, гьелдаса хадубги унтаразул къадар цIикIкIун гурони дагьлъичIелъул.
Педикулезалдаса цIуни
СахлъицIуниялъул тIолгодунялалъулаб гIуцIиялъул баяназда рекъон, педикулез унти бахине рес буго бокьарав чиясде. РФялда педикулез унти бахиналъул хIужаби дагьлъулел гьечIо. Улкаялдаго 300 азарго чиясде бахун буго нацIазул унти.
Педикулез ккола инсанасул ботIроде нацI баялдалъун тIом унти. Аслияб къагIидаялда нацI бала рацIцIалъи цIунулеб гьечIони, амма цIех-рехазул хIасилалда лъазе кIвана нацIазе бацIцIадаб ва цIвакараб рас бокьулеб букIин ва лъадалъги гьел эркенго лъедолел рукIин. Цо чиясдаса цогидасде нацI бахине бегьула аскIор эхетун чIун ругоницин. Унти бахине рес буго цIалул идарабазда, жамгIияб транспорталда, тукада ва хIамамалъубгицин. Гьединго нацI бахине бегьула педикулез бугев чи вегун вукIараб къандалъоялдасаги.
Специалистазул цIех-рехазда рекъон, ботIрол расалда гурелги, ратIлил сукIалабаздаги рукIунел руго нацIал. НацIалъ инсанасул чорхолъа би цIцIун гIумру гьабула, расуда ва ратIлил сукIалабазда ханал лъола. Гьел тIагIинаризе жиндир заманалда дару гьабичIони, нацIаздаса инсанасде бахине бегьула цIа-каналъул унти ва сири бай. КIудияб нацI чIаго хутIула 27-30 къоялъ. Цо нацIица къойида жаниб инсанасул расуда 3-7 хоно лъола. НацIица лъурал ханазул тIипаби лъугьуна 5-9 къоялда жаниб, гьел кIудиял гIола 15-17 къоялда жанир. НацIаз хIанчIараб тIомода хьверд лъугьуна ва гьелдалъун бактериязул инфекция бахинеги рес буго.
Тохтурасул малъа-хъваял
НацIал рахинаредухъ, тIоцебесеб иргаялда, лъимадул рацIцIалъи цIуниялда тIадчIезе, щибаб къойил бетIер хазе ккола. Чияр гьоркьо, заколкаби, рас бухьунел жал, кIаз ва цогидалги алатал хIалтIизаризе бегьуларин гьоркьоса къотIичIого малъизе ккола лъималаздаги. Риидалил лагераздаса лъимал руссун хадуб, гьезухъ лъикI халгьабизе ккола. Гьединго зама-заманалдаса халгьабизе ккола школалде яги лъималазул ахикье хьвадулел лъималазулги.
Нагагь лъимадул ботIрода нацI батани, нахъбахъичIого аптекаялдаса нацIал хвезарулеб дару босизе ккола. Лъимадул соназухъ балагьун дару батIи-батIияб букIуна. НацIал хвезарулеб мазь яги спрей бахуна расуда ва заманалдаса лъималазул сапун яги шампуньги бахун бетIер чурула. Хадуб гIисинал магIал ругеб гьаркьица бетIер хазе ккола. Лъимадул ретIел ва бусадул къайи бухIараб лъеца чурила ва иту бахъила. Амма гьелдаса хадубги педикулез тIагIинчIого букIинеги рес буго. Гьединлъидал лъимадул ботIрол расалъул цоги нухалдаги халгьабизе ккола анцIго къоялдасан.