Орден кIваричIо – ватIан бугони гIела

МагIарул театралда бихьизабуна Москваялъул Таганкаялда бугеб театралъул спектакль

 

Араб анкьалда Дагъистаналде рачIун рукIана рехсараб театра­лъул актерал Любовь Чирковаги Валерий Черняевги. Гьез гIуцIараб «Босе шинель, рилълъа рокъоре» абураб спектакль бихьизабуна МахIачхъалаялда, МагIарул театралда. Дербенталда Лезги театралда бихьизабуна «Дун, Владимир Высоцкий…» абураб спектакль.

25-ялдаса цIикIкIун соналъ театралияб сценаялда цадахъ хIалтIулел руго Валерий Черняевги Любовь Чирковаги. Гьезул спектаклял гIуцIун руго ахIулел ва рикIкIунел кучIдуздаса, машгьурал гIадамазул ракIалдещвеяздаса, кагътаздаса. Гьединабго буго РСФСРалъул халкъияв артист Валерий Золотухиница сценарий хъвараб «Босе шинель, рилълъа рокъоре» абураб спектакльги. Гьеб хIадурун букIана КIудияб Бергьенлъиялъул 70-сонилаб байрамалде. Гьелда актераз ахIана ва рикIкIана Булат Окуджавалги, Владимир Высоцкиясулги, Давид Тухмановасулги рагъул темаялъул кучIдул. Спектакль байбихьана Расул ХIамзатовасул «Къункъраби» кечI ахIиялдаса.
Валерий Черняевас рекIехъе цIалараб къисаялъул бутIаялъухъ сихIтун гIенеккун букIана зал. Гьелда бицунеб букIана, рагъул кутакаб коралдасаги борчIун, Белоруссиялъул рохьосан унеб советияб солдатазул къокъаялъул хIакъалъулъ: «Хинаб бакъуцаги рохьил расалъиялда тIибитIараб сихIкъотIиялъги ракIалдещвеязулъ тIерхьинарун рукIана солдатал. Циндаго гьел лъалхъизаруна берда цебечIараб сураталъ: тIогьол майданалда харилъ егун йиго гIолохъанчIужу. Гьелъул гьайбатаб сипат художникас бахъараб сураталда релълъун бихьулеб буго. ТIогьилаб бакъул кьер бикъараб биццатаб гъал квегIаб рахъалде рехун буго. Беразда тIаде щолеб кар хьвагIезабулеб буго хIеренаб гьорол хIухьелалъ. Гьелде тIадеги къулун, дир баба кьижун йиго, дир баба кьижун йигоян цокIалго такрар гьабулеб буго гьитIинай ясалъ. ГIицIго кIутIбузда гьоркьосан чвахараб бидул мухъалъги, рекIеда тIад лъураб квералда гъоркь бихьулеб багIарлъиялъги бицунеб букIана гIолохъанчIужу тушманасул гуллил къурбанлъун ккарайлъи.
Циндаго, солдатазда гьоркьоса чIужугIаданалде аскIовегIанги къалаго, солдат Михасица абуна: «Дир… дир лъадиги, дир ясги…», — ян ва гьитIинай яс каранде къана. Гьеб параялъго сихIкъотIи къатIинабуна бихьинчиясул гIасияб гIодиялъ…».
Актеразул гьунаралъ тIолабго зал гьабуна дол рагъул соназул кьварарал лъугьа-бахъиназулги талихIалъул лахIзатазулги гIахьалчилъун.
Кавсарат Сулейманова