«Муслиматалъул» жавгьар

КIуядаса ПатIиматие кIиабилеб бакI щвана

 

23 октябралда, Ингушетиялъул тахшагьар Магасалда тIобитIана канлъукъал ясазда гьоркьоб «РакIал гвангъизарулеб» абураб Къуръан цIалиялъул рахъалъ къец. Гьениб кIиабилеб бакI ккуна Гъуниб районалъул КIуядаса ПатIимат Кимайловалъ, ва гьей мустахIикълъана 2018 соналда чIобого хIежалде ине ихтияр кьолеб сертификаталъе. 

ПатIиматие исламияб лъай щвана «Муслимат» абураб Дагъистаналъул регионалияб руччабазул жамгIияб гIуцIиялда цебе рагьараб ру­хIияб берцинлъиялъул школалда.
КIиго гIасруялъ цебе Луи Брайль абулев тифлопедагогас (беццазе дарсал кьолев) беццазе ургъараб цIалул къа­гIидаялда рекъон, Росси­ялда Къуръан малъизе ва цIализе рес щвана 11 соналъ цебе. Татарстан Респуб­ликаялъул «ЯРДЕМ» реабилитациялъулаб централъ кIудияб хIалтIи гьабуна улкаялъулго канлъукъал бусурбабазе Къуръан цIализе рес щвеледухъ Брайлил шрифталъ хъварал Къуръанал хIадуризе. Дагъистаналдаги Брайлил къагIида хIалтIизабун Аллагьасул калам жидецаго цIализе рес щвана канлъукъазе.
2010 соналда «Муслиматалдаги» байбихьана канлъукъал руччабазда Къуръан цIализе малъизе. «Муслимат» гIуцIиялъул директор Хадижат Шихалиевалъ Турциялдаса рачIинарун рукIана беццазда цIализе бажарулел Брайлил къагIидаялда хъварал Къуръанал ва Кабардино-Балкариядаса мугIалимги ахIун йикIана. Гьеб заманалда 10 сон барай ПатIиматицаги цIалана Къуръан. Кабардино-Балкариялдаса ячIун йикIарай ХIафса жиндирго ватIаналде тIадюссана ункъо соналъ цее ва канлъукъазда Къуръан малъизе чи гьечIого хутIана. Гьез Турциялдецин гьари битIун букIана канлъукъал ясазда Къуръан малъизе чи витIеян. Турказ гьари къабул гьабуна, амма турк мацIалда гурони дарсал рачине бажаруларей мугIалималъ канлъукъал лъималазе дарсал кин кьелелин абун тезе ккана.
ПатIимат Кимайло­ва цIа­лулей йиго МахIач­хъа­лая­лъул коррекциялъулаб IV тайпаялъул школа-интернаталъул 10 классалда. «Муслиматалде» гьей хьвадизе байбихьана анкьго сон баралдаса нахъе.
«КIуди-кIодол мадугьалихъ гIумру гьабун вукIана АхI­мад-хIажи ТIагьаев. Гьев гIе­мер вачIунаан кIудихъе. Гьес ракIалдещвезабуна нижеда бусурбанал руччабазул жамгIияб гIуцIи букIинги, дун гьение цIализе йитIизе кко­линги абулаан гьес. Ам­ма дун цIализе лъугьиналде ТIагьаев гIумруялдаса ватIа­лъана, «Муслиматалдеги» кIо­доца ячана тIоцее», — ян би­цана ПатIиматица.
Ингушетиялда тIобитIараб конкурсалда кIиго батIияб номинация букIана. ТIоцебе­сел­да рекъон, Къуръаналда­са кIиго сура рекIехъе би­ци­не кколаан, кIиабилеб но­минациялда, килщаз кващун, Брайлил къагIидаялда, Къуръаналъул цо сура цIа­лизе кколаан.
«Ингушетиялда ниж цIакъ лъикI къабул гьаруна, гьалбадерил къимат гьабулел гIадамал ратана гьел. Дида ракIалдего кколароан дун бергьинин. Гьений гIахьаллъизе щваралдасагицин йохун йикIана. Амма дица рикIкIуна цо нухалда гьабун бажаричIони, квер хьвагIун тезе бегьуларин, ни­лъерго хьулазда божизе кко­лин. Цо нухалда гьабун бажаричIеб кIиабилеб нухалдаги хIалбихьани, бажаризе бегьула», — ян бицана хадубги ПатIиматица.
Брайлил къагIидаялъ хъва­рал тIахьазда цо хIар­палъул бакIалда анлъго тIанкI букIуна, цоял тIанкIал къватIирехун цогидал жанирехун руссарал. ГIурус ва ингилис мацIазда Брайлил къагIидаялда цIализе гьелда школалдаго малъана, гIараб мацIалда цIализе «Муслиматалдаги» малъана.
«Муслиматалда» тIори­тIу­­лел батIи-батIиял тадбираздаги гIемер йихьулаан Па­тIимат кучIдул цIалулей ва батIи-батIиял церерахъиназ­да гIахьаллъулей. Канлъи бихьичIониги, килщаз цIа­лунги Къуръан цIализе щвеялдаса йохун йикIуна гьей.
Дунялалъул берцинлъиги, чIухIиги ва гьелдаго цадахъ чороклъиги бихьуларей ПатIиматил анищлъун букIана хIежалде ин ва Къуръан рекIехъе лъазаби. Жакъаги ПатIимат хьвадула рухIияб берцинлъиялъул школалде Къуръан рекIехъе лъазабизе, гьабсагIаталда 15 сура лъала гьелда.
Кинаб махщел тIаса би­щилебин цIехедал, ПатIи­матица бицана адвокатлъун хIалтIизе бокьун бугин. Гьединго гьелъул анищ буго гIараб, ингилис ва турк мацIал лъазаризеги. Амма бищунго кIудияб анищ бугила дунго гIадинал лъималазда Къуръан цIализе малъизе.
МагIарул руччабаздехун щиб абизе бокьилебан цIехедал, ПатIиматица абуна:
«ГIемерисел руччаби ру­гьун­лъун руго телефонал­де руссун заман гIадада тIа­мизе. Дица дирго эбелалдаги кIододаги абула, телефоналъ кIалъан заман гIадада щайин хвезабулеб, гьелъул бакIалда цогIаги лъикIаб, пайдаяб иш гьабизе бегьулеб мехалдаян. Руччабазе гьарула пайдаялда заман тIобитIизе тавпикъ. Телефоналде руссун гIадада заман биччалеб бакIалда, «Муслиматалдеги» рачIун, Къуръан цIалани ва жидерго диниябгун рухIияб рахъ цебетIезабиялда тIад хIалтIани, лъикIаб бу­кIи­наан руччабазе. Нагагь гье­­дин гьабизе бажарулеб ба­тичIони яги захIмалъи-къварилъиялъулъ ратани, Аллагьасда гьареянги абила дица. Аллагь гур­хIулев вугелъул, нилъер захI­малъабиги Аллагьасда гурони ричIчIуларо. Аллагьас нилъее кьурал къояздасаги, нилъее кьун ругел ресаздасаги битIун пайда босизе тавпикъ кьеги киназего», — ян.
ПатIимат СултIанмухIамадова