Библиотекаби дагьлъун руго

МахIачхъалаялъул Лъай камил гьабиялъул централда (МЦПК) тIобитIана данделъи

 

«Лъайкьей ва граждания­б жамгIият» абураб цIаралда гъоркь гIуцIараб данделъиял­да гIахьаллъана школазул ди­ректорзабиги, преподавате­лал­ги, пачалихъиял ида­ра­базул вакилзабиги. Гьениб бицана гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъулги, педагогазулги цIал­дохъабазулги бухьенал гьариялъул къагIидабазулги, граж­данияб жамгIият гIуцIия­лъе хIажалъулел шартIазулги хIа­къалъулъ.
Данделъи нухда бачана МЦПКялъул директор Гали­на ИсмагIиловалъ. Гьелъ ра­кIалдещвезаруна, лъайкьеялъул къадруялда ва педагогазе кьо­лел харжазда бан, машгьурал гIалимзабаз абурал рагIаби.
МЦПКялъул советалъул председатель МухIамад Абакаровасул саламалъул хитIаб цIалана гьесул заместитель Эдуард Эмировас. Гьелда бицунеб букIана инсанасул гIумруялда лъайкьеялъ кколеб бакIалъул хIакъалъулъ.
Каспийскалъул №3 СОШа­лъул педагог-гIуцIарухъан Зал­­му ГIабдулпазлуевалъ кIвар­бусси­набуна цIалдохъабазе та­рбия кьеялде. Гьелъ абуна, Ма­хIачхъалаялъул школазда гьаб­сагIаталда гьечIин тарбиякьеялъул рахъалъ директорасул заместитель. Гьеб хIалтIи гьа­бизе кколеб буго педагог-гIу­цIарухъанас.
ДРялъул Музыкантазул союзалъул председатель Хан Башировас бицана, цIалдохъабазул гIаммаб цебетIеялъе квербакъулин концертаздеги, спектакляздеги, выставкабаздеги гьарурал сапараз. «Нилъер руго пагьмуял лъимал. Дагьалъ цебе нижеца кьуна «МахIачхъалаялъул гIисинал цIваби» абураб къецалда чIел босарал лъималазе шапакъатал. Гьединал къецазда гIахьаллъарал лъимал мекъаб нухде ккеларо», — ян пикру загьир гьабуна гьес.
Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялъул директорасул заместитель Сарат ЖабрагIиловалъ бицана музыкалиял школазулги биб­лиотекабазулги къадру гIодобе кколеб бугилан. «Музыкалияб школалде цIализе ине щоларого рукIунаан цере. Вузалде цIализе инего бигьа букIана. Гьанже иш гIаксалда буго. Гьединабго хIал буго библиотекабазулги. Дагъистаналда букIана 1045 библиотека. Гьанже гьел дагьлъун руго. Дагьлъулеб буго библиотекаялде хьвадулел гIолилазул къадарги», — ян абуна гьелъ.

 

*** 

Стипендияги цIикIкIина

Федералияб министерствоялъ халгьабуна вузазул
нухмалъулезе щолел харжазул

2017 соналъул декабралда преподавательзабазул моцIрол харжал цIикIкIинаризе ракIалда буго РФялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда. Гьелде биччазе буго 2,2 млрд гъурушан бицана Россиялъул Халкъазул гьудуллъиялъул университеталда тIобитIараб данделъиялда федералияй министр Ольга Васильевалъ. Гьелде тIадеги, 2018 соналда хисизе буго студентазе кьолеб стипендиялъул роценги. «ТIоцебесеб сентябралдаса нахъе стипендия цIикIкIинабизе буго ункъо проценталъ. Кьезе буго капиталияб ремонталъеги хIажатаб оборудование босизеги 13,7 млрд гъуруш. Общежитиял разе бихьизабун буго 3,9 млрд гъурушги», — ян бицана Ольга Васильевалъ.
Министралъ бицана, цо-цо вузазда ратун ругин преподавателазул харжал цIикIкIинариялъе ресал. Гьелдаса пайдаги босун, цIикIкIинабулеб бугин ректоразулги университеталъул нухмалъиялде гIагарал чагIазулги харжал. Гьединал къагIидаби тIатинарунила министерствоялъин абуна гьелъ. «Гьединаб щибаб вузги нижеда лъала, гьезул ректоралги ахIизе руго гара-чIвариялъе», — ян лъазабуна Васильевалъ. «Нужер хIалтIухъабазе 35-45 азарго гъуруш моцIрое щолеб мехалда, нуж нечезе ккелаан, 700 азарго гъуруш нужеего чIезабизе», — ян бадибчIвайги гьабуна гьелъ ректоразе.