АхIи базе ккараб хIал ДРялъул хIукуматалда тIобитIана республикаялъул бетIерасда цебе бугеб ЖамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул данделъи Гьеб рагьулаго, рехсараб советалъул председатель Зикрула Илясовас бицана РФялъул президентасда цебе бугеб ЖамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул член Александр Бродилгун дагьаб цебе букIараб дандчIваялъул хIакъалъулъ. «Гьеб данделъиялда кIвар буссинабуна республикаялда инсанасул ихтиярал...

