КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьаралдаса нилъер рагъулал къуватазул тIоцебесеб парад Исана 76 сон тIубана 1941 соналъул 7 ноябралда Москваялда БагIараб майданалда СССРалъул яргъилал къуватазул парад тIобитIаралдаса. Гьеб букIана тушман нилъер улкаялъул тахшагьаралде гIагарлъулев вукIараб заман. Чара гьечIого хIажат букIана унеб бугеб рагъулъ бергьенлъи босизе. Советиял гIадамазул къей гьечIолъиги ВатIан цIунизе гьезул бугеб гъираги бихьизабизе парад...

