Пашманаб хабар МухIамад ЯхIияев Гьал къоязда къадаралде щвана Хьаргаби районалъул ХIоцоб росулъа жамгIиявгун политикияв хIаракатчи МухIамад ЯхIияев. Гьавуна МухIамад 1928 соналъул 18 октябралда. 1937-I94I соназда цIалана росдал байбихьул школалда. Гьелдаса хадуб бокьун букIана Хунзахъ районалъул ГIарани росдал гьоркьохъеб школалде цIализе ине. Амма байбихьана КIудияб ВатIанияб рагъ. Рагъде ана эмен. Ва анцIила цо сон барав МухIамадиде...

