Ришватчилъиялъе нухал къала
2018 соналда улкаялъул лъайкьеялда букIине буго анлъго хиса-баси
1. Школазда малъизе буго «Семьеведение» абураб дарс. Гьедин лъазабуна Россиялъул омбудсмен Анна Кузнецовалъ 12 декабралда Москваялда гIагарлъухъ бугеб Аносиноялда тIобитIараб инсанасулги лъималазулги ихтиярал цIунулел вакилзабазул данделъиялда. «Хъизамалъул талихIалъул дарсал» абураб дарс кьолеб буго гьабсагIаталда улкаялъул 38 регионалда. ЦIалул тIехь хIадурана кашиш Дмитрий Моисеевасги монахиня Нина Крыгиналъги. Гьелда бицунеб буго хъизан гIуцIулел къагIидабазулги гIемерал лъимал ругеб хъизамалда букIине кколеб тарбиякьеялъулги хIакъалъулъ. Гьел дарсазул аслияб мурадги буго щулияб хъизан гIуцIизе гIолилал куцай.
2. Байбихьул школалда чарагьечIого букIине буго шахматазул дарс. Гьедин лъазабуна 10 октябралда РФялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Ольга Васильевалъ, Федерациялъул Советалъул «хIукуматалъул сагIаталда».
3. Лъайкьеялъулги СахлъицIуниялъулги министерствабаз хIадуризе буго физкультураялъул дарсида лъимал цIуниялъул хасаб проект. Гьелъие гIиллалъун ккана гъоркьиса физкультураялъул дарсида 211 цIалдохъан хвей. Гьезул учительзабазда лъалеб батичIо цIалдохъабазул сахлъиялъул хIакъалъулъ кинабгIаги баян. Гьединлъидал гьезухъа бажаричIо хехаб кумек гьабунги. Пашманал хIужаби ккеялъе гIиллалъун рехсола школазда щивав цIалдохъанасул сахлъиялъул баянал кьолел медицинаялъул картаби гьечIолъиги.
4. ИчIабилеб классалда букIине буго гIурус мацIалъул экзаменалъул кIалзулаб бутIа. 2018 соналда гьеб кьезе буго Россиялъул цо чанго регионалъул цIалдохъабаз. Гьез цIализе ккола гьитIинабго хабар ва гьелда тIасан учительгун гара-чIваризе ккола. Регионазда экзаменалъул хIасилал лъикIал ккани, 2019 соналдаса нахъе гьеб кьезабизе буго тIолалго субъектазул цIалдохъабазда.
5. ТIолгороссиялъул олимпиадабазда халкквей кьваризабизе буго.
ТIолгороссиялъул олимпиадаялда чIел босарал цIалдохъабазул 40 проценталъухъа бажарулеб гьечIо, бищун гIодорегIанасел баллазданиги профилиял экзаменал кьезе. Абулеб буго, олимпиада бугин ришватчилъиялъул кумекалдалъун къадруял вузазул бюджетиял бакIазде нух батулеб къагIидаян. Гьединлъидал Министерствоялда ракIалда буго, олимпиадаби тIоритIулел бакIазда видеокамерабиги лъун, кьварараб халкквей гIуцIизе.
6. Школазда кьезе руго нухазда низам цIуниялъул къагIидабазул дарсал. Гьел хIажат рукIиналде кIварбуссинабуна РФялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Ольга Васильевалъ 18-19 декабралда Москваялда тIобитIараб Ишазул форумалда. «Лъималазе дарсал цIакъго цIикIкIинаризе бегьуларо, амма нухазда хьвадиялъул къагIидаби гьезда лъазе ккола жалго цIуниялъул мурадалда», — ян абуна гьелъ.
МоцIида жаниб кIиго нухалъ яги хасал дарсазда цIалдохъабазда малъизе руго нухазда хьвадиялъул къагIидаби.
ЦIарал хисаниги, долго тIалабал
Учительзабазухъа бажарулеб гьечIо цIиял федералиял стандартазда рекъон хIалтIун
2017 соналъул ахиралде Москваялда тIобитIана «Ишазулаб форум» («Форум Действий»). Гьелде хIадурлъулаго, Россиялъул халкъияб фронталъ (ОНФ) гьабуна школазул учительзабазда гьоркьоб хасаб цIех-рех. Учительзабазе кьуна федералиял стандартазда тIасан суалал. ЦIех-рехалъул хIасилалда баянлъана цIиял ФГОСазда рекъон хIалтIизе учительзабазул гIемерисел хIадур гьечIеблъи.
ОНФалъул баянал дандекколаро РФялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул хIасилазде. Гьезда рекъон, цIиял ФГОСал гIумруялде рахъинариялъул мурадалда, 2017 соналъул тIоцебесеб сентябралде учительзабазул 94,5 проценталъул лъай камил гьабуна, ва министерствоялъ лъазабун букIана гьезухъа бажарулин цIиял стандартазда рекъон хIалтIизе.
Халкъияб фронталъул хIаракатчагIаз тIобитIараб цIех-рехалда гIахьаллъана Россиялъул 63 регионалдаса 600 учитель. Гьезул 36 проценталъ гурони абичIо жидеца стандартазул текст цIаланин. 22 проценталда текст лъаларо, амма гьел хьвадана лъай камил гьабиялъул курсазде яги ФГОСазул хIакъалъулъ бицунел семинаразде. Учительзабазул ичIго процент стандартазул тексталъухъ тIаса-масаго балагьун буго. Анлъго процент стандартазул текст лъалеб буго цогидаз бицаралдасан ва кIиго проценталда гьезул хIакъалъулъ щибниги лъаларо.
Учительзабаз батIи-батIиял пикраби загьир гьаруна ФГОСазул баянал кьеялъул мурадалда гIуцIарал лъай камил гьабиялъул курсазул хIакъалъулъги. 23 проценталъ гьел рикIкIана цIакъ пайдаяллъун. 20 проценталъе стандартазул хIакъалъулъ дагьа-макъабго гурони бицун гьечIо: аслияб кIвар буссинабун буго жидеца школалда кьолеб дарсил методикаялде. 16 проценталъул жавабазда рекъон, гьезда бицун буго ФГОСазул цо-цо рахъазул хIакъалъулъ, масала, экологияб тарбиякьеялъул, яги информациялъулал технологиязул, ялъуни сахлъицIуниялъул технологиялъул. Гьез абуна, кин гьел стандартал гIумруялде рахъинаризе кколебали жидее баян кьечIин.
ЦIиял педагогиял технологиял лъалел ратана учительзабазул 20 проценталда. 56 проценталъ абуна жидеда лъалин цо чанго технологияги методикияб къагIидаги ва гьезул кумекалдалъун жидехъа бажарулин стандарталъ цебелъолеб масъала тIубазабун. 10 проценталда лъаларо цIиял ФГОСазда рекъон хIалтIизабизе кколеб цониги технология. 37 проценталъ абуна жидер ишцоязда лъаларин, кин гIумруялде бахъинабизе кколеб цIияб стандарт ва гьел хIалтIулел ругин ругьунабго къагIидаялда рекъон.
ЦIех-рехалда гIахьаллъарав щивав ункъабилев учителасул пикруялда, ФГОСал ккола нилъер лъайкьей цебетIезабиялъе квербакъулеб документ. 30 проценталъ абуна цIияб стандарт бугин цоцаде рекъонкколарел, лъиданиги ричIчIуларел ва гIемерисел хIажат гьечIел жал, жуба-гъубараб документ. 14 проценталъул пикруялда, ФГОСазулъ гьечIо щибниги цIияб жо: учительзабаз кидаго гьабулаан стандарталда хъвараб жо, гьелда гьанже кинабго хъван буго, ругьунал къагIидабазе ва тIалабазе «цIиял цIаралги кьун».