Чаялъги, кофеялъги, соказгун компотазги лъеца гIадинаб асар гьабуларо
Диетологаз абула лъамияб квандасаги соказдасаги чорхое къваригIараб къадаралда лъим щоларин, кофе-чаялъ гьеб хисуларилан. Чорхолъ лъим дагьлъани, чорхол чIаголъи хола, бидул кьаби ва бидул тIадецуй цIикIкIуна, кIал бакъвала, кIуш дагьлъула. Къечон гьечIинги абун, лъим гьекъечIого тезе бегьуларо. Тохтурзабазги абулеб буго сордо-къоялда жаниб инсанас гьекъезе кколин 2-2,5 литр лъел.
Унтабаздаса цIуниялъе
ГIалимзабаз гьарурал цIех-рехаз чIезабуна гIураб къадаралда лъим гьекъолеб бугони, 41 проценталъ рекIел ва бидурихьазул унтаби дагьлъулин. Чехь-бакьазул хIалтIи лъикIлъулин ва чорхолъ цIекIлъи дагьлъиялъе кумек гьабулин. Гьединго 45 проценталъ дагьлъулин рак-унти ккеялда букIунеб хIинкъиги. Лъеца квербакъула цIайи дагь гьабизеги. Масала, кваналелде сагIаталъ цебе лъим гьекъани, кваниде гъира дагьлъула. Чаялъул, сокалъул бакIалда гьекъани, лъеца къваригIел гьечIел калорияздаса черх эркен гьабула. Чорхолъе бакIарараб къваригIел гьечIеб лъамалъи къватIибе инабула лъеца.
ГьализабичIеб яги гьализабураб
Гьекъолеб лъим букIине ккола черхалъе зарал гьечIеб, бацIцIадаб. ЦIамхIаллъи гьечIеб лъелъ рукIуна черхалъе пайдаял микроэлементал: калий, натрий, магний, гьединго газал: кислород ва азот. Гьалараб лъелъ гьел рукIунаро, ай гьеб сверула щибго жо бихIинабизе кIолареб лъиналде ва гьелъ лугбал гьорозарула. Гьединаб лъеца лъалъазе бегьуларо тIугьдулцин. ЦIамхIаллъи гъорлъ гьечIеб лъим бацIцIадаб букIиналда щаклъи бугони, гьеб цIцIвизе ккола фильтразул кумекалдалъун, гIарцул гъуд лъелъе биччани, гьелъ лъелъ рукIунел заралиял бактериял ва микробал хвезарула. Пластикаялъул шушбузда жаниб бугеб лъим цIуниялъе чIезабураб заман букIуна ва гьеб цIикIкIун заман базегIан тани махIцине бегьула. Гьекъезе бищунго бацIцIадаблъун ва пайдаяблъун рикIкIуна салулъан ва чабхилъан, ай тIабигIиял фильтрабалъан бачIараб иццул лъим.
Кин гьекъелеб?
Черхалъе зарал ккечIого букIиналъе, лъим гьекъеялъе цIунизе ккола гьадинал къагIидаби: лъикIаблъун рикIкIунаро кваналеб мехалъ ва кваналелде цебе лъим гьекъезе. Щайгурелъул, лъеца квен бихIинабулаго чорхолъе бачIунеб цIекIлъиялъул (соляная кислота) къуват хола ва гьелдалъун квен регьине захIмалъула. Лъим гьекъезе ккола дагь-дагьккун, къойида жаниб чанго нухалъ. БагIарараб риидалги, бакIаб хIалтIи гьабулагоги лъел роцен цIикIкIинабизе ккола.
Лъел пайда
Лъеца кумек гьабула загьруял ва чорокал жалаздаса черх бацIцIад гьабизе.
БацIцIадаб лъимгун цадахъ нилъер чорхолъе лъугьуна пайдаял микроэлементал (йод, калий, магний, фтор ва гь.ц.).
Чорхолъ киналго биологиял лъугьа-бахъинал ккола лъел гIахьаллъигун.
* Лъим гьекъеялъ берцинлъула тIом.
* Лъел кумекалдалъун рекъезабула цIа-кан.
* Лъеца гьукъула гъиз свари.
* Бигьалъизабула тIулал ва ургьисалабазул хIалтIи.
* Лъеца щвезарула инсанасул чорхол киналго лугбузде пайдаял веществаби.
* Лъеца лъикIлъизабула чорхол тIолабго хIалтIи.
КъваригIунеб къадар
КIудияв чиясе сордо-къоялда жаниб 1,5-2 литр лъел къваригIунин рикIкIуна. ГIелмиял цIех-рехаздалъун чIезабун буго, 24 сагIаталда жаниб инсанасул чорхол цо килоялъе 30 грамм бацIцIадаб лъел къваригIунеблъи. Масала, 80 килограмм цIайи бугев чиясе къваригIуна 2,5 литр лъел.
Гьекъезе лъикIаб
Гьекъезе ккола иццул, гIазу-цIер биараб лъим, гьеб щолеб гьечIони, бацIцIадаб яги минералияб. «Лечебно-столовая» абулеб лъим тохтурасда дандбан гурони гьекъезе бегьуларо.
КъанагIат гурони дандчIваларо чорхое хIажатаб къадаралда лъим гьекъолев чи. Гьеб гъалатI бигьаго битIизабизе бегьула гъоркьехун рехсараб щуго гIакълу къабул гьабуни.
1. Лъим гьекъей бухьинабизе ккола кинаб бугониги ишалда, гьелъ кумек гьабула гьелде ругьунлъизе. Масала, ворчIана – лъел стакан гьекъана, хIалтIуде щвана – лъел цоги стакан гьекъана, къадекваназе иналде – цоги стакан… Гьедин лъим гьекъолеб бугони, гьелде ругьунлъула, ай хIажатаб къадаралда чорхое лъим щола.
2. БачIинахъего тIубараб стакан лъел гьекъезе бокьичIого букIине бегьула. ХIал гьабуге, цин гьекъе бащдаб стакан, 5-10 минуталдасан цоги бащдаб. Анкьго-анцIго къоялдаса 24 сагIаталда жаниб гьекъела лъел 2,5 литр.
3. ХIалбихье, балагье, щиб дандекколеб бугебали. Кидаго бацIцIадаб лъим гьекъезе захIмалъулеб бугони, хIалбихье лъелъе бацIцIадаб гьоцIо жубазе, гьацIул лъим цIакъ пайдаяб букIуна. Яги лъелъе рехе лимоналъул, гьуинаб пихъил кесек. Гьединаб лъел кьерги, махIги, тIагIамги лъикIаб букIуна, пайдаги ккола. Амма тIагIамалъеги кьералъеги цIакъго дагьаб къадаралда гурони я гьоцIо, я лимон, яги цоги батIияб тIагIам жубазе бегьуларо.
4. Кванде къасд лъунищ – гьекъе лъим. ТIадчIун лъим гьекъезе ругьунлъи гуребги, гьелъул кумекалдалъун гIодобе ккола черхалъул цIайиги.
5. Лъим кидаго бихьулеб бакIалда лъун букIине ккола. ГIураб къадаралда лъим гьекъечIого хутIиялъе аслияб гIилла ккола гьеб гьекъезе кIочонеб букIин. Гьединлъидал, лъим жаниб бугеб тIагIел кидаго лъезе ккола бихьулеб бакIалда.
Специалистасул баян
Лъел терапиялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ гьадин бицана тохтур-диетолог ГIисаев АхIмадица:
— БацIцIадаб, цIамхIаллъи гьечIеб лъим инсанасул сахлъиялъе пайдаяб букIин цебего лъала. Амма, тIадчIун, щибаб къоялъ лъим гьекъезе киназухъаго бажаруларо, гьединлъидал, гьеб гьекъолел чагIи цIакъ дагьал руго. Гьезие дица гьадинал малъа-хъваял гьарила: гьалараб лъел сахлъиялъе щибго пайда букIунаро, гьекъезе ккола хинаб ва бухIизабураб лъим. ЦIорораб лъим гьекъезе бегьуларо, гьеб хинлъизабулаго гIадада уна черхалъул гIемераб къуват. Гьекъезе лъикIаб буго газ гъорлъ бугеб лъим.
Гьалараб чаялъулги кофеялъулги сахлъиялъе кинабгIаги пайда букIунаро. Европаялъул рестораназда чаялъул яги кофеялъул чашкаялда хадуб кьола бацIцIадаб лъел стакан.
Кваналелде лъеберго минуталъ цебе бухIараб лъел стакан гьекъани, квен лъикI бихIуна, кваналаго гьекъани, чорхолъ бугеб лъамалъи дагьлъула ва кванараб жо бихIунарого букIуна.
Нури Нуриев