ЦIуна-къай гьабизеги лъазе ккола
Исана Дагъистаналда гIадамал квачалъ унтиялъул хIужаби,
арал соназда дандеккун, кIиго нухалъ дагьлъун руго
2018 соналъул январалъул ахиралде Дагъистаналда хъвай-хъвагIай гьабун буго ОРВИялъ унтарав лъабазаргогIанасев чиясул. Гьезул гIемерисел (68,8 %) руго балугълъиялде рахинчIел. Гьелъие бугеб гIиллалъун рикIкIунеб буго республикаялда 38 процент гIадамазе прививка гьабун букIин, ай 2017 соналда прививка гьабун буго цо миллионгун 122 азарго чиясе.
Гриппалъ гIадамал унтиялъул рахъалъ жакъа Дагъистаналда кинаб ахIвал-хIал бугеб? ХIинкъи бугищ исана грипп тIибитIиялда? Гриппалдаса кин цIунизе кколел? Гьел ва цогидал суалалги кьун, нижеца гара-чIвари гьабуна ДРялъул рахунел унтабазул централъул эпидемиологиял суалазул рахъалъ бетIерав тохтурасул заместитель, ДРялъул мустахIикъай тохтур Муъминат ЖабрагIиловалъулгун.
— Муъминат, гIемерал чагIи гриппалъ унтани, гьел сахгьариялъе кинал ресал гIуцIун ругел?
— ТIолгодунялалъул сахлъицIуниялъул идараялъул (ВОЗ) баяназда рекъон, исанаги Россиялда, гьелдаго цадахъ Дагъистаналдаги тIибитIизе бегьула, араб соналдаго гIадаб тайпаялъул грипп, ай HINI. Гьебги букIине бегьула жеги хъачIаб «Мичиган» абун цIар кьураб грипп. Жакъа республикаялда гриппалда данде гьабулеб вакцинаялда гьоркьоб буго гриппалъул HINI тайпаялъул хIал инабурал вирусал. Республикаялда гриппалъул эпидемия тIибитIани, гьебгун къеркьезе нижер гIураб хIадурлъи буго: гIураб къадаралда вакцина, дараби-антибиотикал, унтаразе регизе бакIал ва хIалтIул хIалбихьи бугел тохтурзаби-инфекционистал руго.
— ГIадатияв чиясда кин лъалеб гриппалъищ жив унтун вугев яги цоги «къватIул» унтабазищ? Гриппалъул кинал гIаламатал рукIунел?
— «КъватIул» унтабазда данде, грипп захIматаб унтилъун рикIкIуна, гьелъ инсанасул чорхолъ ругел пневмония, гайморитал, менингит, атит, бронхит гIадал унтаби захIмалъизарула ва унтараб лагаялда кьаби щвезабула. Гриппалъул рукIуна хадусел гIаламатал: черхалъул цIа-кан цIикIкIин, бетIер, берал, рищалаби ва ччорбал унти, мегIер чвахи, хъегIи ва щекъер унти.
— Гриппалъ чи кин унтулев ва кин гьеб тIибитIулеб?
— ГIемерисезде грипп цогидасдаса, ай унтарасдаса бахуна. Гьединлъидал нилъеего цIуна-къай гьабизе ккола. Унтарав чи рокъов вугони, гьесие батIаго рукъ чIезабула ва гьесда хадуб хъулухъ гьабизе цо чи тезе ккола. Гьесги гьурмада маска бала ва магIарзукъалахъ оксолиналъул мазь бахина. Унтарав вугеб рукъ зама-заманалдасан биччараб чIортоялъ бацIцIина ва гьениб цIияб гьава чIезабила. Унтарасул кванил алатал батIаго лъела ва щибаб нухалъ гьел гьалараб лъеца чурила. Чорокал кверал ккола гриппалъул вирусазе унго-унгояб «алжан», гьединлъидал къватIиса вачIаравго, кваналелде цебе, сапунги бахун, кверал чурила. Гриппалъул эпидемия бугони, къватIиве унаго, гьумер-кIалалда маска бала.
— Грипп кин сахгьабизе кколеб?
— Гриппалъ унтаразул гIемерисез байбихьула антибиотиказдалъун грипп сах гьабизе, гьеб мекъи буго. Грипп сахгьабиялъе хIалтIизаризе ккола хасал дараби. Росабалъ гIумру гьабун ругел магIарулаз гIадин, регичIого чIун, грипп «гуккизе» бегьуларо. Щайгурелъул, черх цIорони, унтарав захIматго унтула. Бусадаги регун, гIемераб чай, лъим гьекъезе ккола. Бищунго тIадчIезе ккола гриппалъ унтарал херал чагIазда ва лъималазда, хIинкъи букIуна гьел захIматго унтиялда ва хвеялда.
Гриппалъ унтараз тIоцересел къоязда гьекъела изварин, арбидол, кагоцел гIадал дараби. МагIарзукъалахъе тIинкIизе лъикIаб букIуна гриппферон, реферон гIадал дараби. Цо-цо чагIаз абула инсанасул чорхода жинхъаго бажарулила гриппалда данде къеркьезе. Гьеб мекъаб пикру буго. Унтарав рокъоса къватIиве вахъине вичазе бегьуларо, гьединлъидал тохтур рокъове ахIизе ккола. Унтарасул чорхол хIалалъул хIисаб гьабун, тохтурас хъвала дараби ва малъула сахгьавизе кколеб къагIида. Тохтурасда дандбачIого, нилъго лъикIал лъугьун, унтарав сахгьавизе лъугьине бегьуларо, гьелъ унтарав захIматаб хIалалде ккезе бегьула.
— Халкъияб къагIидаялда грипп сахгьабиялда щиб дуца абулеб?
— Гриппалъ унтарав сахгьавизе ккола тохтурас. Гьелъие кумекалъе пайда босизе бегьула халкъияб къагIидаялдасаги. Гьеб мурадалда хIалтIизабизе лъикIаб буго: пер, ражи, овощал, пихъ, ламадур, чIакIултIан ва лимон. ГIемер гьекъезе ккола лъамалъи.
— Щиб хIасил кколеб бугеб гриппалде данде гьабураб вакцинациялъул?
— Исана гриппалде дандечIолеб вакцина чорхолъе биччана республикаялъул гIадамазул 40 проценталда, ай цо миллионгун 150 азарго чиясул бидулъе. Гьеб ккола сахал чагIи гриппалдаса цIуниялъе тIобитIулеб кIудияб тадбир. Щайгурелъул вакцинаялда гъорлъ руго Россиялдаги Дагъистаналдаги гIадамал унтизарулел гриппалъул киналго тайпабазул вирусал. Вакцина учузаб дару кколаро (цо ампула — 200 гъур.), амма нижеца гьеб чIобого гьабула: ясли-ахазде унел лъималазе, школлъималазе, медицинаялъул ва лъайкьеялъул хIалтIухъабазе, 60-ялдаса тIаде сонал арал чагIазе, тIаса унареб унти бугезе, армиялде ахIарал гIолохъабазе ва лъимаде ругел руччабазе. БатIи-батIиял идарабазда хIалтIулез гIарцухъ гьабула.
Гриппалдаса цIуниялъе, вакцина-ция гьаби гуреб, батIияб къагIида жеги ургъун гьечIо. Цо-цояз абула вакцинаялъ жив гриппалдаса цIуничIин. Гьеб мекъаб пикру буго, къватIул унтабазул буго кIинусгоялдаса цIикIкIун батIи-батIияб тайпа, гьел унтабазулги рукIуна гриппалъулго гIадал гIаламатал, цо-цо чагIазда къосуна гриппги мегIерччиналъул унтабиги. ГIемерисезда бичIчIун буго вакцинаялъ жал гриппалдаса цIунулеллъи, гьединлъидал гьел жалго рачIуна поликлиникаялде гьеб гьабизе.
— Гриппалдаса цIуниялъе цIуна-къай кин гьабизе кколеб?
— ТIоцебесеб иргаялда, гьабизе ккола вакцинация. Черх квачалдаса цIунила, хасало гIицIго бетIергун хьвадизе бегьуларо. КIванагIан гIемер гьекъезе ккола бацIцIадаб лъим, квине лъикIаб буго «С» витамин гъорлъ бугел овощал ва пихъ, хасго лимон, ражи, пер.
Нури Нуриев