Новость на родном

Тарбия кьунгутIиги такъсир ккола

МахIачхъалаялъул №40 школалда ккараб пашманаб лъугьа-бахъин ва законалъул тIалабал   Гьеб школалде хьвадулел микьабилеб классалъул цо-цо васаз цадахъ цIалулей яс хIакъир гьайиялъе гIиллалъун экспертаз рехсолеб буго рокъоб тарбия кьолеб къагIида дандеккунгутIи. Масала, пуланаб хъизамалда лъималазда малъула гIел бащадалгун рекъон рукIаян. Цогидаб хъизамалда лъимал куцала дурго мурадалъе гIоло щиб гьабуниги бегьулин абураб пикруялъул кьучIалда. Ракълидалъун масъала...

Новость на родном

ГIамирко хIанчIил хIайранал кучIдул

ГIумруялъ рачунел талихIалъул бакъназухъ гьоболлъухъ   Мунагьал чураяй эбелалъ гIамирко хIанчIил хIакъалъулъ бицунеб букIа­раб гIажаибго берцинаб маргьа ракIал­дещвана дида, республикаялда цохIого цо бугеб, МахIачхъалаялъул сакъатал лъи­малазул «ТIалаб» интернаталде щведал. …Киса-кибего боржунеб букIанила гIамирко, гьелъ ракьалде хьалеб бу­кIанила балагьизе бер барахщараб берцинлъи. Гьеб бортаралъур раккулел рукIанила гьеб хIанчIилго гIадаб берцинлъиялъул тIугьдулги. ГIадамазда батIа бахъизе лъалаанила гIамиркоялъул...

Новость на родном

КочIое кьураб гIелмияб къимат

ХХ гIасруялъул 20-абилел соназда байбихьана МахIмудил асарал басмаялда рахъизе   Дагьаб цебегIан Россиялъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул мацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул (сангIат) институталъ къватIибе биччана «ШигIраби» абураб ХъахIабросулъа МахIмудил тIехь. ТIехь данде гьабуна, гьелъие гIелмиял баянал кьуна филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевас. БачIинахъего абизе ккола гьеб бугин гьунар тIокIав шагIирасул ирс бакIариялде, гьелъие унго-унгояб...

Новость на родном

Рахунел унтаби

ЦIуна-къай гьабизеги лъазе ккола   Исана Дагъистаналда гIадамал квачалъ унтиялъул хIужаби, арал соназда дандеккун, кIиго нухалъ дагьлъун руго 2018 соналъул январалъул ахиралде Дагъистаналда хъвай-хъвагIай гьабун буго ОРВИялъ унтарав лъабазаргогIанасев чиясул. Гьезул гIемерисел (68,8 %) руго балугълъиялде рахинчIел. Гьелъие бугеб гIиллалъун рикIкIунеб буго республикаялда 38 процент гIадамазе прививка гьабун букIин, ай 2017 соналда прививка гьабун буго...

Новость на родном

ЗахIмат бихьичIони, рахIат букIунаро

«Дидо» продукция лъала, Дагъистаналда гуребги, тIолабго Россиялда   МагIарухъ гIуразда гьоркьов къанагIатги ватиларо урбаялъул хIал­бихьичIев, гьелъул пайдаял рахъал лъаларев чи. Ахирал соназда гIемер дандчIвала батIи-батIиял къагIидабаз хIадурараб, пайдаял тIадежураяз бечед гьабураб, санагIатаб цIарагIалъуб лъун бичулеб гьеб нигIмат. Гьелда гьоркьоб хасаб бакI ккола «Дидо» абураб цIаралда гъоркь бичулеб урбаялъги. Дида гьеб дандчIвана Дагъистаналда гуребги, гьеб тун...

Новость на родном

Бищун лъикIаб дару — иццул лъим

Чаялъги, кофеялъги, соказгун компотазги лъеца гIадинаб асар гьабуларо   Диетологаз абула лъамияб квандасаги соказдасаги чорхое къваригIараб къадаралда лъим щоларин, кофе-чаялъ гьеб хисуларилан. Чорхолъ лъим дагьлъани, чорхол чIаголъи хола, бидул кьаби ва бидул тIадецуй цIикIкIуна, кIал бакъвала, кIуш дагьлъула. Къечон гьечIинги абун, лъим гьекъечIого тезе бегьуларо. Тохтурзабазги абулеб буго сордо-къоялда жаниб инсанас гьекъезе кколин 2-2,5 литр...

Новость на родном

ТалихIалъул лъалкIал

РухIияб берцинлъиялъ хвасар гьабула дуниял   КигIан бокьаниги руго дунялалда лъикIал гIадамал. Ралагьея сверухъе. Унго- унгоги ракI бохуларищ, гьезда берчIвайдал? Гьезул баракатцин гуребдай щибаб радал нилъее гьимулеб бакъги бакъул чIоралгун нилъехъе талихI рещтIинги. Рогьалил щубилъан гIурччинаб гIидраги гьимула нилъее, гIидраялда рижарал кьер-кьерал тIугьдузги салам кьола. РекIелъ рещтIараб савуги биун уна, лъикIал гIадамал рихьидал. ТIубараб къоялъ,...

Новость на родном

Пашманаб хабар

Свана Мариналги талихIалъул чирахъ   МухIамадгIалиева Марина. Гьаю­на 1964 соналъул анкьабилеб авгус­талда Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росулъ учительзабазул хъизаналда. Эмен вукIана химиялъул ва биологиялъул учитель, эбел — гIурус мацIалъул учитель. Маринал букIана кIудияб хъизам. Гьединаб хъизамалда гьаюрай Марина гIолей йикIана гIаданлъи цIикIкIарай, магIарул яхI-намус тIадегIанаб борхалъиялда лъурай гIолохъанчIужулъун. Школа лъугIидал, гьелъ тIасабищана бухгалтерасул махщел ва цIализе...

Новость на родном

Лъайкьеялъулъ хиса-басиял

Ришватчилъиялъе нухал къала 2018 соналда улкаялъул лъайкьеялда букIине буго анлъго хиса-баси 1. Школазда малъизе буго «Семьеведение» абураб дарс. Гьедин лъазабуна Россиялъул омбудсмен Анна Кузнецовалъ 12 декабралда Москваялда гIагарлъухъ бугеб Аносиноялда тIобитIараб инсанасулги лъималазулги ихтиярал цIунулел вакилзабазул данделъиялда. «Хъизамалъул талихIалъул дарсал» абураб дарс кьолеб буго гьабсагIаталда улкаялъул 38 регионалда. ЦIалул тIехь хIадурана кашиш Дмитрий Моисеевасги монахиня...

Новость на родном

Тохтурасул харж

Хьитазул устарасда бахиллъун…   КIиго ставкаялда хIалтIаниги, «маялъул указал» тIуразаризе захIмалъулеб буго «Сахлъи» абураб медицинаялъул хъулухъазул халгьабиялъул фондалъги ТIолгороссиялъул халкъияб фронталъги (ОНФ) цIех-рех гьабуна «Тохтурасул справочник» абураб мобильнияб приложениялъул. Гьениб хъвай-хъвагIай гьабун буго 300 азаргоялдаса цIикIкIун медицинаялъул хIалтIухъанас. Гьез баянал кьуна моцIрол харжалъулги, 2017 соналда жидер харжал цIикIкIун рукIанищанги, чан ставкаялда хIалтIулел ругеланиги ва харжал...