Анкьабилеб февралалда Агъвали росдал маданияталъул кIалгIаялъуб тIобитIана районалъул гIолилазулгун студентазул данделъи
Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул ГIолилазул ишазул министерствоялъул, республикаялъул муфтияталъул, «Ас-салам» басмаялъул, цо-цо жамгIиял идарабазулгун цолъабазул вакилзабаз, районалъул нухмалъиялъ, студентазгун интеллигенциялъ ва Агъвали росдал гимназиялъул цIалдохъабаз.
«Районалъул гIолилазе патриотикияб тарбия кьей ва динияб экстремизмалде дандечIей» абураб суалгун кIалъазе вахъарав районалъул бетIер АнвархIажи Вечедовас кIварбуссинабуна жакъа пачалихъалъ кьучI щулияб жамгIият гIуцIиялде ва гьеб гIуцIиялъулъ гIолохъанаб гIелалъул жигарчилъиялде кIварбуссинабулеб букIиналде.
— Районалъул гIолилазул ишазул отделалъе, МахIачхъалаялда бугеб цIумадисезул гIолохъабазул цолъигун цадахъ хIажат буго социалиябгун экономикияб рахъ цебетIезабиялъул программаби гIуцIун, хIукуматалъул грантал щвеялъе къеркьезе. КIинусгогIанасев студент вуго Дагъистаналъул ва Россиялъул регионазул тIадегIанал цIалул идарабазда цIалулев. Гьеб буго нилъер къуват. Руго росу-ракьги улкаги дунялалдаго рагIизабурал спортсменалги. БахIарчиял умумузул цIар борхатго, къадру-къиматалда цIунизе ккола нилъеца, — ян абуна А. Вечедовас.
— ВатIан бокьи иманалдаса кколин буго хIадисалда, — ян байбихьана гIолилаздехун вагIза-насихIатгун кIалъазе вахъарав Агъвали мажгиталъул имамасул заместитель Шамил ХIажиевас. — ВатIаналде рокьи, эбел-эмен разилъи, жамгIияталъе пайдаяб лъай тIалаб гьаби — гьеб ккола нилъеда Аллагь разилъи. Шамилица киналго ахIана, кинаб хъулухъалде кканиги, гIадамазе ва жамгIияталъе пайдаяллъун, Аллагь рехсолеллъун ва Аварагасул нух кколеллъун рукIине.
ДРялъул муфтияталъул республикаялъул мугIрузулаб территориалияб округалда вугев вакил ХIасан МухIамадовас бицана щивав чияс лъай тIалаб гьабизе кколеблъиялъул. Динги дунялги цадахъ бачине кколеблъи бичIчIизабулаго, гьес гIолилал ахIана цадахъ рекъон хIалтIизе, вацлъиялда рукIине, тIад вугев хIакимасе квербакъи гьабизе.
Дагъистаналъул бетIерас гьабулеб политикаялъул цIумадисезги рахъкквезе букIиналда божилъи загьир гьабуна терроралде дандечIараб республикаялъулаб комиссиялъул мугIрузулаб территориалияб округалда вугев вакил Сайпудин Сайповас. ГIолохъабазде хитIаб гьабулаго, гьес киналго ахIана намус бацIцIадаллъун рукIине, шаргIалъги къануналъги гьукъаралдаса рикIкIад чIезе.
— Нилъерго тарих лъазе ккола гIолилазда ва бичIчIизе ккола бахIарчилъиялъе бакI кибго ва кидаго букIунеблъи. Дунялалъул хIисаб гьабун, нусил бутIалъун кколеб Дагъистаналъе кьечIеб «нигIмат» гьечIо Аллагьас, хIатта салул авлахъалде гIунтIунцин. Дунялалдаго лъаялъул къебелъилъун рикIкIуна Дагъистан. Мадрасабазулги халкъалъулги хIисаб гьабун, дагъистаниязул лъай цебетIураб бугин европаялъулазде дандеккунилан абун буго кIинусгогIан соналъ цебе этнограф Петр Усларица. ГIалимчи ГIабдурахIман Ансарил тIехьги цIалун, Мадина шагьаралъул тарихалъул музеялъул директор, гIалимчи ГIабдулбасирица абун буго дагъистаниял кколин диниял гIелмабазул, тарбия-лъай кьеялъул рахъалъ цогидазе мисалияб халкъ, цохIо гьаб тIехь цIаларасда гьеб якъинго бихьизеги бугин. Нилъеда нахъа руго дунялалдаго цIар рагIарал бахIарчиял нилъер умумул. Гьезие ритIухъаллъун рукIинин нилъги, — ян кIалъана республикаялъул АТКялъул экспертазулаб советалъул член МикагIил МикагIилов.
Данделъиялъул ахиралда районалъул бетIер АнвархIажи Вечедовас баркалаялъул кагъталгун гIарцулал сайгъатал кьуна цIалулъ ва спорталъулъ тIокIлъи бихьизабурал студентазе.
Хадижат Залимханова