«Свинкаялъул» гьужум

Аслияб къагIидаялъ унтарал руго МахIачхъалаялда

 

Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъ лъазабу­леб буго республикаялда свинка унтиялъ унтарал гIемерлъулел руги­лан. 2018 сон байбихьаралдаса нахъе гьелъ унтун вуго 357 чи. Аслияб къагIидаялда унтарал руго Ма­хIачхъалаялда ва Гъизилюрт райо­налда. Унти тIи­битIиялъе ругел гIиллабазул цояб ккола гIадамаз прививкабаздаса инкар гьаби. 2018 соналъул январалде прививкаби гьаричIезул къадар бахун буго 12 азарго чиясде. Гьезда гьоркьор ру­го лъимал ва 17 соналде рахарал гIо­лилал. Гьеб киналъулго хIисабги гьа­бун, марталда 9-11 классазул цIал­­дохъабазе гьаризе руго прививкаби.

345 чиясе диспансеризация гьабизе буго

ГIадамазул диспансеризация гьабиялде кIудияб кIвар кьолеб буго республикаялда. Исана гьеб гьабизе буго 345 азарго чиясе. Щивасда тIадаб буго лъабго соналда жаниб цо нухалда диспансеризация гьабизе. Дагъистаналъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул бетIерав терапевт МухIамад ГIабдулаевас абулеб буго жидерго сахлъиялде заманалда кIвар кьейилан.
Исанасеб диспансеризация тIо­би­тIизе буго цIиял къагIидабазда рекъон. Масала, гьабизе буго онкоскрининг. 39-51 соназда ругел руччабаз кIиго лъагIалида жаниб цо нухалда гьабизе лъикIаб буго маммография. Ахираб заманалда цIикIкIунеб буго кIудияб бакьалда рак унти бугезул къадарги. Гьединлъидал 49 соналдаса тIадехун ругезул гьелъулги халгьабизе буго.

ЧIегIераб чай

ГIадамасул чорхол сахлъиялъе кIудияб квербакъи гьабула чаялъ. Гьелъул ватIан ккола Индия ва Китай. Россиялде гьеб щвана ХV гIасруялда. ТIоцебе чай гIезабизе байбихьана Батумиялда ва Чаквеялда. Амма бищунго гIемер хIалтIизабула чIегIераб чай.
Чаялда гъорлъ букIуна: 4 процент кофеиналъул, 18 процент алколоидалъул, 16-25 процент органикиял гурел кислотабазул, 27 процент крахмалалъул, 20 процент клетчаткаялъул. РукIуна гьединго гIемерал витаминал, квен биинабия­лъе хIа­жалъулел ферментал ва гликозидал, каротин, теафловин ва фитонцидал. Чаялда гъорлъ рукIунел витами­назул къадар апельсиналъу­л ва лимоналъул соказда гъорлъ ру­кIунездасаги 4 нухалъ цIикIкIуна.
Халкъияб медицинаялда чай хIалтIизабула чорхол гIаммаб хIал­тIи рукIалиде ккезабиялъе, би хIал­тIизабиялъе, рухI дагьлъи, бетIер свери нахъчIваялъе, квачалъул яги ботIрол унти сах гьабиялъе.
Чаялда цадах хIалтIизабизе пайдаяблъун рикIкIуна лимон, гьелъ кваниде гъира базабула. ГIечул къанцIагун ялъуни гьоцIогун цадахъ чай лъикIаб буго полиатрит, ччорбазул ялъуни суставазул унтаби ва ларингит унти бугеб мехалъ. Чаялъ би бацIцIад гьабула, квен бихIинабиялъе квербакъула, кванирукъ щула гьабула, къеч буссинабула, гIадалнахул хIалтIи роцIцIинабула. Гьанжесеб медицинаялда рекIедаса арав чиясе цIияб чIегIераб чай кьола. Гьелъ рукIалиде бачуна рекIел хIалтIи, кьола къуват ва хIалтIуде гъира базабула.