Дир анищ — Шамил имамасе памятник гьаби Скульптор, РФялъул ва ДРялъул мустахIикъав художник, ДРялъул пачалихъияб премиялъул лауреат, гIурус интеллигенциялъе, МухIамад Танкаевасе, Ирчи Хъазахъие ва гIемерал цогидалги памятниказул автор, Гъуниб районалъул СалтIа росулъа ГIалихIажи Сайгидовас 27 февралалда тIубана 70 сон. Гьеб къоялъ редакциялде вачIарав гьесулгун къокъабго гара-чIвариги гьабуна.— Баркулаха, ГIалихIажи, юбилей. Кинал пикрабигун гьелда дандчIвай...

