Новость на родном

Нухал. Нухал. Нухал…

МагIарул театралияб маданияталъул цевехъанасул гIумруялъул сухъмахъазда   «Бокьун буго ракьалда диргоги лъалкIал тезе. Биччанте хадусел наслабаз дир хIалтIуе битIараб къимат кьезе. Абизе бокьун буго — дир гIумру гIадада инчIо, бажарана инсанлъун хутIизеги. Биччанте магIарулазул ракIазулъ хутIизе дир гьитIинабго хIалтIул шавкъалъул лъалкIал». ХI. ГIабдулгъапуров Театр — гIумруялъул матIу Щиб жо кколеб театр? МатIуялъусан гIадин бихьула гьенисан...

Новость на родном

ГурхIел-рахIму Добри-кIудил лъалкIал

Гьес гIадамазул ракIазулъ рекьана лъикIлъиялъул мугьал   Исана 13 февралалда гIумуруялдаса ватIалъана Болгариялдаса Добри-кIуди. ГIадамазда гьев лъалаан лъикIал ишазе гIоло гьардолев чилъун. Амма гьес гьарун щвараб цо капекцин жиндиего толароан. Добри-кIудица гьабулеб букIана кIудияб иш — гьес гIарац кьолаан килисаби къачIазе.Добри-кIудица 100 сон бараб мехалда хъван букIараб макъалаялдалъун бокьун буго, ракьалда лъикIлъиялъул лъалкIалги тун арав...

Новость на родном

Рокъоб букIун бугеб лъикI

«ГIанкIу хIинчI гуро ва Финляндияги къватIисеб улкалъун кколаро»   Гьедин абулаан нилъер кIудияб улкаялда советияб хIукуматалъул заманалда. Гьелъие гIиллалъун рикIкIунаан Советияб Союзалдаги Финляндиялдаги гIадамазул гIумру релълъараб букIин. Амма гьабсагIаталда руго гIемерал хас­лъаби. МоцIрол харж – гьавураб къоялдасаго Москваялъул хIукуматалъул хIукмуялда рекъон, 2018 соналъул январалдаса нахъе лъимер гьабурай чIужугIаданалъе сайгъат гьабулеб буго лъимадуе хIажатаб къайи (роддомалдаса...

Новость на родном

Даимал сапаразда

МагIаруллъиялъухъ гIищкъу бергьарай   Лъимерлъиялъул лъалкIал ГIемерал лъимал ругеб хъизан. Бугищ дунялалда цоги берцинлъи. Сордо-къоялъ рокъоса лъугIуларел ахIи-хIур, релъи-хъуй, гIода-руцIцIин, хадур-цере кIудиял гIун рачIунел лъималаз киса-кирего рахъулел талихIалъул гIажаибго берцинал накъишал. Цоял – хурир, цоял — рокъор, цоял — школалда, цогидал — ясли-ахалда. Цинги талихIаб гъасде цадахъ данделъулеб кIудияб хъизан. Гьеб беэдула гIумруялъул аслияб кочIоца...

Новость на родном

Лъимал — нухазда

ТалихIкъосарал ишал ккечIого рукIине Лъималазда чара гьечIого малъизе ккола нухазда хьвадиялъул Гьоркьоса къотIичIого МахIач­хъалаялъул УМВДялъул ОГИБДДялъул хIалтIухъабаз шагьаралъул школазул цIалдохъабазда бицуна нухазда низам цIунизе кколеблъиялъулги нух бахунаго тIадал ишазулги хIакъалъулъ. Гьеб бициналъе гIиллаги буго, нух­къотIун унаго, лъимал машинабазде гъоркье кколел рукIиналъул хIужаби гIемерлъулел рукIин. Масала, исана сон байбихьаралдаса нахъе нухазда авариял ккеялъул хIасилалда лъукъа-къотIана 21...

Новость на родном

МахIачхъалаялъе гьабураб сайгъат

«Машинаби-пылесосаз» рацIцIад гьаризе руго тахшагьаралъул къватIал   Гьал къоязда Дагъистаналде рачIарал къватIал рацIцIад гьарулел машинабазухъ балагьана ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов. «Нилъее къваригIун буго моцIазги къотIноб бегун хутIулеб кьишниялдаса МахIачхъала эркен гьабизе. ХIасил лъикIаб ккани, жеги техника бачIинабила», — ян абуна гьес.МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуралев Абусупян ХIасановас абуна гьабсагIаталда бачIун бугин лъабго машина. «Гьеб буго...

Новость на родном

ЖамгIияб транспорт

Кумек гьечIого тIубаларо Исана тахшагьаралъул маршрутазда хIалтIизе байбихьана 45 цIияб автобус «РакIалда буго, 2018 соналъул кIиабилеб ва лъабабилеб кварталазда шагьаралъул маршрутазде жеги тIадеги 90 цIияб автобус биччазе. 2017 соналда тахшагьаралъул транспорталъулал компанияз бюджеталъе кьун буго 1801700 гъуруш, страховиял фондазде — 2611700 гъуруш», — ан бицана нижергун букIараб гара-чIвариялда МахIачхъалаялъул пассажиразул автотранспорталъулаб №2 предприятиялъул директор Юсуп...

Новость на родном

Республикаялъул гIуцIи

Дагъистаналъул Пачалихъияб Совет   XX гIасруялъул ахирал соназда Дагъистаналда ккана батIи-батIиял лъугьа-бахъинал. Жакъасеб къоялъул борхалъудаса балагьун абизе бегьила, нилъее щваралдаса нилъе­хъа бахъун араб гIемераб букIанин дол соназ­да. Амма камун рукIинчIо лъикIал рахъалги. Гьезул цояб ккола республикаялъул пачалихъияб гIуцIарухъанлъи. КIиго нухалда референдумазда президентлъиялдаса инкар гьабураб Дагъистаналда гIуцIана Пачалихъияб Совет. Гьедин абулаан 1994-2006 соназда республикаялда гIуцIараб пачалихъияб...

Новость на родном

Дагъистаналъул гидроэнергетика

19 ГЭС базе буго Ругел ресазул анцIго проценталдаса гурого пайда босулеб гьечIо МугIрузулаб тIабигIатги гьарзаял гIорал-лъаралги рукIиналъ Дагъистаналъул чIахIиял ресал ва кIудияб букIинесеб буго гидроэнергетикаялъул рахъалъ. Нилъер ракьалда буго чIахIиялги гIисиналги ГЭСал разе бегьулеб 6600 гIор ва лъар. ГIалимзабаз гьарурал цIех-рехазда бихьизабулеб буго ругел ГЭСазде тIаде цIиялги рани, рес бугин лъагIалида жаниб 55 миллиард килловатт-сагIат...

Новость на родном

Тохтурасул хIакъалъулъ рагIи

ХъахIаб халгIаталъул къадру цIунарав   Дибирдадалги ПатIиматилги талихIаб къисаялъухъ гьоболлъухъ ГIаздада тIугьдул ТIанусдерил хабзал. Занал рах­чи­зегIан бараб гIазу. Апрель мо­цIалъул бакъул чIоразде данде кен­чIолел гIазул хIулабаз зонода аскIов эхетун вугев Дибирдадада цо­ги нухалда ракIалдещвезарулел руго гIолохъанлъиялъул талихIал лахIзатал. Гьев сихIкъотIун гIенеккун вуго… Ва заманалдасан гIаздада раккана тIугьдул. БагIарал розабаз цIуна йокьулей ПатIиматил хоб.— Жакъа мун...