Дагьал церегIан къояз Халкъияб Собраниялъ тIобитIана рахьдал мацIазул суал борхараб данделъи
Республикаялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовас Миллиял гьоркьорлъабазул рахъалъ комитеталда тIадкъана Дагъистаналъул мацIазул хIакъалъулъ законалъул проект хIадур гьабизе ва гьеб парламенталъул сессиялда гьоркьоб лъезе. Гьелъул бицун тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъана республикаялъул парламенталъул депутатал, батIи-батIиял министерствабазул ва ведомствабазул вакилзаби, газетазул редакторзаби ва журналистал.
Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель Елена Ельниковалъ абуна республикаялда рахьдал мацIал цIуниялъул суал цIакъго кIвар цIикIкIараб бугилан.
«Жакъа цIалдохъабаз лъазабулеб буго ингилис ва цогидал къватIисел пачалихъазул мацIал. Амма гьебго заманалда дагьго гурони кIвар кьолеб гьечIо рахьдал мацIазде. МацIал лъазариялда бараб буго миллияб культура цIунун хутIиги гьелъул цебетIейги. Гьелъ кумек гьабула лъималазе тарбия кьезеги миллаталъул гIадат-гIамалал цIунизеги», — ян абуна гьелъ.
Миллиял ишазул министерствоялъ гьабулеб бугеб хIалтIул бицана министрасул ишал тIуралей Татьяна Гамалейица. «Миллияб мацIалъ ва гьелъул маданияталъ бихьизабуларо миллияб хаслъи. Жеги чанги хаслъаби руго миллат бихьизабулел. ГIадамал дагь-дагьккун шагьаразде гочунел руго, гьелъ квалквал гьабулеб буго мацIал цIуниялъе ва церетIеялъе»,- ян абуна министралъ.
Гьеб суалалъул хIакъалъулъ жиндирго пикру загьир гьабуна Халкъияб Собраниялъул депутат ХIамидулагь МухIамадовасги. Гьес абуна цIалул программаялда рекъон, рахьдал мацI малъизе кколин ва гьеб иш ракIбацIцIадго тIубазабизе кколин. Гьес бицана дагьаб цебегIан РФялъул Пачалихъияб Думаялда профильнияб комитеталъ улкаялъул регионазда рахьдал мацIал цIуниялъул суал борхун букIиналъул ва гьеб суалалде Пачалихъияб Дума тIадбуссине букIиналъул.
МацIазул гIалимчи МухIамад МухIамадовас бицана Дагъистаналъул мацIазул тарихалъул ва гьелъул жакъа бугеб хIалалъул хIакъалъулъ.
«Нижеца цIех-рех гьабуна МахIачхъалаялъул лъималазда рахьдал мацI кинаб даражаялда лъалеб бугебали ва якъинлъана 90 процент лъималазда мацI лъалеб гьечIолъи. МацI лъалин рикIкIунезда гьоркьорги гIемер руго литературияб мацI лъаларел. Гьединлъидал школазда рахьдал мацIал малъизе рихьизарурал сагIтазул къадар дагьабги цIикIкIинабизе ккола», — ян абуна М. МухIамадовас.
Гьединабго пикру загьир гьабуна «Елдаш» газеталъул редактор Камил ГIалиевасги.
«Жакъа бищунго аслиял масъалабазул цояблъун нилъее ккола гIолилазда рахьдал мацIалъул бугеб кIвар бичIчIизаби. Гьезулъги бижизабизе ккола мацI гьечIони, миллат тIагIунин абураб пикру», — ян абуна гьес.
Дагъистаналъул бетIерасда цебе гIуцIараб ЖамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул председатель Зикрула Илясовас загьир гьабуна жакъа Дагъистаналъул жамгIиятги, мацIазда сверухъ бугеб ахIвал -хIалалда хадуб гIицIго халккун чIун бугони ва хадубккунги гьелда сверухъ хIалтIи гьабичIони, рес бугин къокъаб заманалда жаниб мацIал тIагIинеян абураб пикру.
Дагъистаналъул халкъияй шагIир Шейит-Ханум Алишевалъ бицана миллиял мацIазда хъвадарулел гIолилазул тIахьал чIорого риччаялде ва гьезие грантал кьеялде кIварбуссинабизе ккеялъул. «ГIолилазде буссинабураб гьединаб кIваралъ рес кьезе буго миллияб адабият цебетIеялъе», — ян абуна гьелъ.
«ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIали Камаловас ракIунтун бицана рахьдал мацIазда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул.
«КъваригIун буго лъималазул ахаздаса байбихьун рахьдал мацI малъиялде кIвар кьезе, школазда рахьдал мацIазул ЕГЭ тIобитIизе. КIвар кьезе ккола миллиял мацIазда тIахьал къватIире риччаялде ва миллиял газет-журналазда хIалтIизе махщел тIадегIанал ва камилал кадраби хIадур гьариялде. ЦIалул программабаздаги рахьдал мацIал малъиялъул суал букIине ккола тIоцебесеб бакIалда. Пачалихъалъулаб хъулухъалде хIалтIизе лъугьунев чиясухъаги экзамен босизе ккола рахьдал мацIалъул. Гурони, кIвезе гьечIо мацIал цIунизе»,- ян абуна гьес.
Шамай Хъазанбиева