Дагъистаналъул адабияталда цIиял цIарал
27-28 марталда республикаялъул шагьараздаса ва районаздаса шагIирзаби данделъун рукIана Поэзиялъул театралда
ШигIрабазул байрам байбихьана А. Пушкиние ва Р. ХIамзатовасе театралъул азбаралда рарал памятниказда цере тIугьдул лъеялдалъун. Дандеруссин рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовас.
«Жакъа нилъ киналго данделъун руго Дагъистаналъул адабияталъул букIинеселъул хIакъалъулъ бицине. Дун цIакъ вохарав вуго гIолилазда гьоркьор рахьдал мацIалда хъвадарулезул къадар цIикIкIунеб букIиналдаса. Нилъер киналго гIелазул хъвадарухъабазул буго цо мурад: миллияб адабияталъул бакъул гвангъараб кунчIи хадусел наслабазеги цIуни. Нилъеца хъвалеб буго гIаммаб тIехь. Гьелда цIарги буго — Дагъистан. ТIохьол щибаб бутIа ккола Дагъистаналъул мацIазда хъварал асарал. ЦогIаги бутIа гьениса камуни, кинабгIаги тIагIамги букIунаро. Жакъа нужеда, гIолохъанал хъвадарухъабазда, цебе буго цIакъго жавабчилъи цIикIкIараб масъала — нуж ккола нужерго миллаталъул матIулъун ва нужехъе цIунизе кьолеб буго нилъер гIаммаб тIехь»,- ан абуна гьес, гIолилазде хитIаб гьабулелъул.
ГIолилазда шигIрабазул байрам баркана Хъвадарухъабазул союзалъул миллиял секциязул нухмалъулезги шагIирзабазги. Гьез гIолилазе цIалана жидерго кучIдулги. Хадуб хъвадарухъаби рикьана миллиял секциязде ва форумалъул хIалтIи тIобитIана Хъвадарухъабазул союзалда. Гьенирги шагIирзабаз цIалана жидерго асарал. ЧIахIияб гIелалъул хъвадарухъабаз гIолилазе гьаруна малъа-хъваял, насихIатал.
Форумалъул кIиабилеб къоги байбихьана Хъвадарухъабазул союзалда. Жигараб хIалалда хIалтIана магIарул мацIалъул секцияги. Дандеруссиналда бищунго гIемер рукIана магIарул хъвадарухъаби. ГIолилаз цIалана жидерго шигIраби. Гьел ккола Хунзахъ районалдаса Индира Зубаирова ва Саида МухIумаева, Буйнакск районалъул ЧIикIаб росулъа Зайнаб ХIажиева, Рамазан Халидов, ХIамзат Сурхаев, Гъуниб районалъул ХIутниб росулъа Рамазан ГъазимухIамадов, Лаваша районалъул Урма росулъа НасихIат ГIабдурашидова, Шамил районалъул Зивури росулъа ПатIимат МухIамадова, ГIахьвахъ районалдаса Мадина Нуцалханова ва цогидалги.
… ЦIидасанги данделъана Поэзиялъул театралда. Цо нухалда гIенеккана гIолохъанал шагIирзабазухъ. Гьенир кучIдул цIалана ва гIолилазе нухбитIиялъул рагIаби абуна халкъиял шагIирзаби МухIамад ХIамзаевас, Аминат ГIабдулманаповалъ, Бике Кулунчаковалъ. Гьединго форумалда кIалъана щибаб мацIалъул секциязул нухмалъулелги. Данделъиялъул ахиралда магIарул мацIалъул секциялъул нухмалъулев МухIамад ПатахIовас грамотаби кьуна гIолохъанал магIарул шагIирзабазе, МухIамад АхIмадовас дипломал ва тIахьал кьуна батIи-батиял миллатазул гIолохъанал хъвадарухъабазе.
ХадурагIи
Щив чи кколев шагIир? Гьайгьай, гьев вукIине ккола лъиданиги релълъинчIев. Кинабго: гIамал-хасиятги, пикрабиги, рухIияб дунялги, сипат-суратги, партал-магIалги, сценаялда вукIа-вахъине лъайги — букIине ккола миллаталъул гIадатаздеги, гIамалаздеги, цIаралдеги дандекколеб. Гурони, гьел къабул гьаризе гьечIо гIагараб халкъалъ. Гьезул гьаракь рагIизе гьечIо рорхатал мугIрузда. ШагIирасул гьаракьин абуни рокьул дандерижилъун гъугъазе ккола мугIрузул тIогьазда. Бокьилаан форумалда гIахьаллъарал магIарул гIолохъанал шагIирзабаздаги заманалдасан жидерго бакI батизе гIагараб миллаталъул адабияталъул гъанситохъ. КIваги гьезда гьанжего гьанже кунчIун бачIунеб бугеб жидерго цIваялъе гвангъи кьезе.
Цоги, форумалда гIахьаллъарал магIарулаз цIалана цохIо кучIдул. ЦIакъ бокьилаан гIолилазул прозаялъухъги гIенеккизе. Ратилагури гьезда гьоркьорги магIарул адабияталда лъалкI тарал Муса МухIамадовги, МухIамад Сулимановги, МухIамад Шамхаловги ва цогидалги прозаиказул ирсилалги.