Рокъоб букIун бугеб лъикI

«ГIанкIу хIинчI гуро ва Финляндияги къватIисеб улкалъун кколаро»

 

Гьедин абулаан нилъер кIудияб улкаялда советияб хIукуматалъул заманалда. Гьелъие гIиллалъун рикIкIунаан Советияб Союзалдаги Финляндиялдаги гIадамазул гIумру релълъараб букIин. Амма гьабсагIаталда руго гIемерал хас­лъаби.

МоцIрол харж – гьавураб къоялдасаго

Москваялъул хIукуматалъул хIукмуялда рекъон, 2018 соналъул январалдаса нахъе лъимер гьабурай чIужугIаданалъе сайгъат гьабулеб буго лъимадуе хIажатаб къайи (роддомалдаса рокъобе бачине). Финляндиялда гьеб къагIида хIалтIулеб буго 1930-абилел соназдаса нахъе. Цин сайгъатал кьезе байбихьана ресукъал хъизамазул улбузе, хадубккун – киналго гIолохъанал улбузе.
Финляндиялда кьола лъималазул пособие (lapsilisä) – гьелъул роцен бахуна 100 евроялде. Иргадулаб лъимер гьабураб мехалда, пособие цIикIкIинабула. Гьеб кьола лъимералъ 17 сон базегIан. Лъималазе кьолеб гIарац бокьухъе хIалтIизабизе ихтияр буго, амма эбел-инсуца гьеб лъола банкалда лъимадул цIаралда рагьараб счеталда. Школа лъугIараб мехалда, гьеб гIарац сайгъат гьабула лъимадуе. Цоял гьеб гIарцухъ бащдаб лъагIелалъ сапаразде уна, цогидаз гьеб банкалда лъола, тIадеги гIарац бачIиналде хьулгун; лъабабилез гьелъухъ босула мина-рукъ.

ХIалтIуда бащадго хIухьбахъиги

ХIалтIул къо лъугIидал, гьабулеб иш рехун тола. Щуго минуталъ гьабун рагIалде бахъинабизе рес бугеб хIалтIиги гьез метералде тIамула. Анкьида жаниб хIалтIул заман бахуна 37,5 сагIтиде. ЧIезабуралдаса цIикIкIараб заманалъ хIалтIизе кколев чиясе харжги цIикIкIун кьезе тIадаб буго нухмалъулесда. Яги гьес хIалтIи гIуцIизе ккола цого чиясде хIал щоларедухъ, ай кватIизегIан хIалтIуда чIезе ккеларедухъ. Гьеб гIадаталъул зарал камунги букIунаро. Масала, гьатIан къоялъгицин кафе къала къаси сагIат анлъ­го тIубарабго. Амма гьелдаса разигьечIолъи загьир гьабуларо цониги чияс: щивасда бичIчIула, гIадамазе хъулухъал гьарулел идарабазул хIалтIухъабазулги рекIее бокьараб ишалъе яги хъизан-лъималгун хIухьбахъизе заман букIине кколеблъи.

Щивасе – канлъи
нахъречIчIизабулел алатал

Финляндиялъул хIукуматалъ щивав гражданинасда тIадаблъун гьабуна октябралдаса марталде щвезегIан пальтоялдагун курткаялда яги кодоб баччулеб таргьаялда канлъи нахъречIчIизабулел алатал рекIинари. Гьеб букIине бегьула рахсида бараб хIайван-хIанчIил (яги цогидаб жоялъул) сурат-сипатлъун ялъуни тIад борчараб рачеллъун. Цо-цо фабрикабазда рукъула ратIлида гьединал алатал. Гьединаб закон бахъана, финназул гIемерисез рохьазда гIагарлъухъ гIумру гьабулеб букIин ва гъотIода нахъасан вачIунев чи машина бачунев шоферасда вихьунгутIиги хIисабалде босун. Финляндиялъул шагьаразул къватIазда сардилъ букIунаро беццизегIанасеб канлъи. Гьеб гIадаталъ рес кьуна нухазда къварилъи ккеялъул хIужаби дагьлъизаризе.

Байрамкъоялде гьуинлъаби

ЖамгIиял кванил бакIазда букIуна хасаб къоялъул хIурматалда квен хIадурулеб гIадат. Масала, хамизалъ кафеялда букIуна хилъалоялъул чурпаги гIодокариялъул мурапагун ва тIорахьгун кьолел хъухъанчадалги. Кибго тIибитIун буго Рунебергил пирожное – гьеб хIадурула финназул шагIир Йохан Людвиг Рунеберг гьавураб къоялъул хIурматалда. Гьев гьавуна щуабилеб февралалда. Январалдаса февралалъул анцIабилеб къоялде щвезегIан гьеб нигIмат чарагьечIого букIуна рестораназдаги кафеяздаги.

Гьекъолеб лъим чIобого кьола

Хельсинкиялъул киналго рестораназда чIобого кьола гьекъолеб лъим. Гьеб гьекъезе бегьула краналдасаги. Амма финназ гIемер гьекъола кофе – къо гьитIинаб ва гьава-бакъ бакIаб букIиналъул хIасил. Супермаркетазда жанирго кофемашина хIалтIизабизе ихтияр кьола – дагьа-макъабго гурони мухьги гьелъухъ босуларо.

КIиго цIияб сон

ЦIияб сон кидаго дандчIвала хъизамалда цадахъ. Амма буго жеги «гьитIинаб цIияб сон» — гьеб кIодо гьабула гьудул-гьалмагъзабигун, ишцоялгун, хIалтIухъабигун цадахъ. Финназ гьелда абула Пиккуйоулуян. Байрам байбихьула ноябралдаго, ва щибаб коллективалъ гьеб тIобитIула жидеего санагIатаб къоялъ. Бегьула чанцIулго кIодо гьабизеги – чанго къоялъ батIи-батIиял къокъабигун цадахъ.

Инсан – гьвел гьудул

Хельсинкиялъул къватIазда дандчIваларо бетIергьан гьечIеб цониги гьой. Финляндиялъул тахшагьаралда гIагарлъухъ дандчIвазе бегьула гIанкI, цер, ритIучI ва цогидал рохьил хIайванал. Амма бихьуларо тIалаб гьабичIого рехун тараб рукъалъул цониги хIайван. Финназул законалда рекъон, цониги гьой яги кету тезе бегьуларо кварида (рахсида) бачIого. Рахсидаса гьел риччазе бегьула гIицIго сверун къараб азбаралда. Щибаб хIайваналда бала хасаб чип: нагагь гьеб билани, хехго батула ва хIайваналъул бетIергьабаздаса гIакIаги бахъула, букIине кколеб тIалабалдаса махIрум гьабиялъухъин абун.
Финназ цIакъ хIисаб гьабула гIарцул. Масала, цо кету хьихьизе ккани, гIураб къадаралда харжал гьаризе ккола. Гьединлъидал, кету, гьой, ялъуни цогидаб хIайван рокъоб хьихьизе ракIалде ккарав чи анцIцIул ургъула.
ХIайванал хьихьулел приютаздаса кету яги гьве бачине бокьарав финнав гIемераб заманалъ чIезе ккола иргаялда. Гьесухъе хIайван кьелалде халгьабула психикияб хIалалъухъги, моцIрое щолеб харжалъухъги, хIайваналъул жаваб кьезе бажарулищалиги.

Ибупрофеналъ сахлъизарула

ЗахIматал унтабаздаса хехго сахлъизарула финназул медицинаялъ. Масала, тIончIорукъалъул рак унтиялдаса цIуниялъул мурадалда, гьоркьоса къотIичIого чIобого халгьабула щияй гIаданалъухъ. 50 сон баралдаса нахъе чIобого халгьабула маммологасги.
Амма бетIер унтаниги, спортзалалда рукьбузе зарал кканиги, квачалъул унти щваниги, финназул тохтурзабаз абула, мадар лъугьинегIан ибупрофен гьекъеян.

Цебеккунго лъазабе

Нилъер гIадамазул гIадат гьечIо гьудулзабазда цадахъ хIухьбахъиялъул мурадалда цебеккунго план хIадури. Масала, бокьараб заманалда чи гьудуласухъе кIалъазе ва «вилълъа гьабсагIаталда дида цадахъин абун», дандчIвазе бегьула. Финляндиялда гьеб низам «хIалтIуларо». МоцIалъниги цебе дандбазе ккола пуланаб данд­чIвай. Гьелъул билълъанхъараб къагIида буго гьадинаб. Масала, «Дур заман букIине бугищ, дида цадахъ 4 марталда къаси сагIат анлъгоялда рестораналде вилълъине?» абураб суалгун электронияб почалде кагъат битIизе ккола февралалъул бащалъиялдаго. Гурони дандчIвазе рес батуларо.

Гьалбал рокьула, амма…

КъотIносан унев чиясе къварилъи ккани, кумекалъе рортизе хIадурал чагIи руго финнал. Гьоболасул адаб-хIурмат гьабиялъеги цIакъал руго гьел. Амма дагъистанияз гIадин кваназавуларо гьобол. Гьоболлъухъе чи ахIулелъул, гьез мухIкан гьабула заман, масала, къасикванде вачIаян ахIула. Гьебмехалда финнасул столалда букIине бегьула цо салатги, чурпаги, гьуинаб чадил кесекги. Чаялъул цо пакет гIезабула гьез ункъо стаканалъе. Гьеб рикIкIунаро къарумлъилъун – гьеб буго сундулъго роцен чIезабиялъул гIаламат ва щибаб жоялдаса пуланаб бутIа тIокIлъизабизе жигар бахъи.
ХIадур гьабуна МадихIат ХIажиевалъ.