Заманалда сахгьабичIони…

НугIаздаса цIуниялъе цIодорлъи гьабизе тIадаб буго щивав чиясда

 

Ихдал ва риидал нилъеца гIемерисеб заман тIабигIаталда тIамулелъул, кIочене бегьуларо гьеб заманалда нугIазул хIаракатчилъи цIикIкIунеблъиги ва гьездаса инсанасе хIинкъи букIунеблъиги. ДРялъул Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, нугIалъ хIанчIиялъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIай гьабуразул къадар исана лъабнусго чиясде бахун буго. Тохтурзабаз абулеб буго нугIалъ хIанчIунилан бицине гIураб унти букIунарила, амма хIинкъи бугила крымалъул геморрагикияб гъаргъар (сири) абулеб унти ккезабулеб вирус инсанасул бидулъе ккеялъул. НугIаздаса инсанасе бугеб хIинкъиялъул, гьелъ хIанчIани, гьаризе кколел тадбиразул хIакъалъулъ бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна республикаялъул рахунел унтабазул централъул эпидотделалъул заведующая ГIайшат ГIабдусаламовалъулгун.

— ГIайшат, кинал районазда нугIал тIиритIун ругел, дандчIвалищ гьел мугIрузул районазда?

— Дагъистаналда тIоцебе гьеб унти тIатараб 2000 соналда унтана 47 чи, ва гьезда гьоркьоса кIигояв хвана. 2016 соналда чи унтиялъул лъугьа-бахъин тIатинчIо. Исана нугIаз хIанчIун буго 279 чиясда, амма жеги цониги унтарав чи гьечIо. НугIал тIиритIун руго республикаялъул 24 муниципалитеталда. КъанагIат ругониги, нугIал дандчIвала мугIрузул районаздаги.

— Аслияб къагIидаялъ кир гьел рукIунел?

— НугIал рукIуна рохьахъе унел нухазда аскIор. Гьезие данде ккола чIахI-хералъ ккураб бакI, ай рохьил майданал, хIоразул, гIоразул ва лъаразул рагIаллъаби.

— Шагьаразда букIунищ нугIалъ хIанчIиялда хIинкъи?

— БукIуна, нугIал рукIине бегьула чIахIилъ. ТIаса къунцIарал газоназулъ гьел къанагIатги рукIунаро.

— НугIалъ хIанчIиялдаса кин цIуна-къай гьабизе кколеб?

— ТIабигIаталде ине къачIалаго, щивав чияс ретIине ккола халатал къвалал ругеб канаб кьералъул ретIел. Гьелъ нугIаздаса цIунула ва тIад бугеб нугIги хехго бихьула.

КIусизе яги регизе бегьуларо нугIал ругеб ракьалда бугеб харда тIад. Чадир чIвазе ккола чIахI-хер гьечIеб бакIалда. Регилалде цебе, кIваркьун балагьила ратIлида, черхалда, расуда тIад нугI бугищали.

Рокъобе жанибе босизе бегьуларо гьанжего гьанже бетIараб чIахI, тIад букIараб ретIел, гьезда тIад нугI букIине бегьула. РетIине ккола ботинкаби яги чакмаял. Щибаб 15 минуталдасан халгьабила черхалда тIад нугI рещтIун бугищали. Халгьабизе ккола рукъа-
лъул хIайваназулги, масала, тира-сверун рокъоре щведал балагьила гьведа, катида тIад нугI бугищали.

— Черхалда тIад нугI батани, щиб гьабизе кколеб?

— Черхалдаса нугI, гIучIаз гурони, квераз батIа гьабизе бегьуларо. Гьеб чIинтIизе бегьуларо, бухIизе ккола. Гьелъ хIанчIараб бакIалда тIад спирт, йод яги одеколонги бахун, сапнаца кверал чурила, гьеб бакIалда чIегIераб тIанкI хутIун батани (гьеб ккола тIомолъ хутIараб нугIил бетIер), тIад йод бахине ккола. Черхалда хIанчIараб нугI цIех-рех гьабизе лабораториялде щвезабизеги ккола.

— Крымалъул геморрагикияб гъаргъар унтиялъул кинал гIаламатал рукIунел?

— Черхалда сири бай, бетIер, мугъ ва ччорбал унти, 38-39 градусалде цIа-кан бахин, лагIдезари.

— НугIаздасан гурони, гьеб унти цоги сундасан бугониги бахиналда хIинкъи бугищ?

— Аслияб къагIидаялъ гьеб унти тIибитIизабулел рухIчIаголъаби ккола Hyalomma marginatus, Dermacentor marginatus, Ixodes ricinus тайпаялъул
нугIал. Унтул аслу ккола гIисинал гIалхул хIайванал ва унтарав чи. Вирус чорхолъе ккезе бегьула унтараб хIайван хъолаго, гьелъул бидаса. Гьединлъидал гIемериселъ унтула гIухьби, гIакатохтурзаби ва къасабханаялда хIалтIулел чагIи.

— Крымалъул геморрагикияб гъаргъаралъ унтарав чи сахгьавиялъе кинал ресал ругел, гьелъие хIажатал специалисталги гIурал дарабиги ругищ больницаялда?

— Аслияб масъала ккола кватIилалде унти тIатинаби ва унтарав кIванагIан хехго больницаялде щвезави. КватIани, нугIалъул загьруялъ хвезабула бидурихьазул цолъи ва гьезул гьин гIадин лъугьарал хьалбаздаса къватIибе би бецIцIула, унтарав хвалдаса хвасар гьавизе захIмалъула. Гьединаб лъугьа-бахъин ккана цо пуланаб росдал хъутаналда. Лъабго лъимадул эбел, жиндир заманалда кумек щвечIолъиялъул хIасилалда, хвана. ЦIех-рех гьабидал баянлъана Казахстаналдаса бачIараб гIияда тIад букIараб нугIалъ хIанчIиялдалъун гьей хвараблъи. Больницаялда руго гьеб унтуде данде къеркьон бажарулел тохтурзаби. Амма дарабазул гьарзалъи гьечIо. ГIемерал чагIи цадахъ унтараб лъугьа-бахъин ккани, дарабазул къанагIалъи букIиналъ, ракIалдаго гьечIеб хIасилги ккезе бегьула.

Нури Нуриев