«Меседилаб хасалихълъи» — 2018

Церехъабазул кьерда

 

Къоабилеб нухалда Москваялда тIобитIана «Меседилаб хасалихълъи»
абураб росдал магIишаталъул нигIматазул выставка

ВДНХялда гIуцIараб гьеб выставка тIобитIана «ГIорхъи гьечIел ресал» абураб ахIиялда гъоркь. Гьениб цебелъун букIана Россиялъул тIолалго регионазулги къватIисел улкабазулги агропромышленияб комплексалъул киналго бутIаби. Масала, росдал магIишаталъе хIажатаб техникаги, хурухъабазулгун ахихъабазул, гIи-боцIухъанлъиялъулгун пихъ ва овощал хIалтIизарулел заводазул нигIматал.

Выставкаялда гIахьаллъи гьабураб щибаб регионалъ хIаракат ба-хъулеб букIана кванил нигIматазухъ ва цогидаб къайиялъухъ балагьизе рачIарал гIадамазул бер жидедаго тIаде цIалеб хIал гьабизе. РагIулеб букIана Россиялъул регионазе хасиятал бакъназул гьаракь. Щибаб павильоналъул бетIергьаби хIадурго рукIана гьалбадерие хъулухъ гьабизе, жидерго нигIматазул ва ватIаналъул хIакъалъулъ бицине.
Россиялъул 47 субъекталда гьоркьор рукIана Китаялъул, Ирландиялъул, Турциялъул, Италиялъул, Германиялъул, Испаниялъул, Австриялъул, Нидерландазул, Азербайжаналъул, Казахстаналъул, Беларусалъул ва цогидалги улкабазул вакилзабиги. Исана Россиялда тIобитIулеб буго Япониялъул лъагIел, гьединлъидал Япония ккола выставкаялъул официалияб партнерлъунги.
Исанасеб выставкаялъул хаслъилъун буго кьер-кьерал павильонал гIуцIи. Щибаб миллаталъе хасиятаб партал гуребги, регионалда ругьунаб аслияб кьерги бихьулеб букIана выставкаялда. Бищунго чIахIиял экспозициял рукIана Ярослав областалъулги, Ставрополь краялъулги, Дагъистаналъулгун Татарстаналъулги.
Дагъистаналъул вакилзабазул бетIерлъуда вукIана ДРялъул росдал магIишаталъул министрасул ишал тIуралев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов. Выставкаялъул хIасилазул хIакъалъулъ бицунаго, гьадин абуна гьес: «Нижеца къотIи гьабуна Ираналъулгун – гьенибе боцIул гьан битIиялъул хIакъалъулъ. Гьеб къотIи гьабуна Нугъай районалъул «Агросоюз» абураб СПоКал-даги Ayance Pazhohi Fardi абураб Ираналъул фирмаялдаги гьоркьоб. Гьелда рекъон, Дагъистаналъул предприятиялъ Ираналде битIизе буго 393 миллионгун 600 азарго гъуршиде бачазул гьанал 800 тонна.
Цоги къотIи гьабун буго Москва областалдаса предприниматель Мухтар Даудовасулгун. Мухтар ккола ГIахъуша районалдаса. Гьев 20 соналъ хIалтIулев вуго Москва областалда. Гьесие бокьун буго боцIи хъолеб хасаб бакI Дагъистаналдаги базе. Гьенир рукIине руго гьан хIадурулел цехалги. Проекталъул багьа буго 200-250 млн гъуруш. Нижгун хIалтIизе бокьун бугеблъи бичIчIизабуна «ОСП агро» абураб Москваялда гIагарлъухъ бугеб агрохолдингалъул нухмалъулесги Москва областалъул Думаялъул депутат Игорь ГIисаевасги. Депутатасе бокьун буго рахьдалаб боцIи гIезабиялде 500-ялдаса цIикIкIун млн гъуруш биччазе ва гьединаб тайпаялъул боцIи хьихьулеб комплекс Дагъистаналдаги базе. Гьеб проект гIумруялде бахъинабизе хIажалъизе буго 1000-1500 га ракьул – Москва областалдаса рачIарал гIачи кваназаризе хасаб рагIи-хер гIезабизе», — ян.
Дагъистаналъул къайи лъурал павильоназде щвана РФялъул росдал магIишаталъул министр Дмитрий Патрушевги, гьесул тIоцевесев заместитель Жамбулат Хаутовги, рехсараб министерствоялъул тайпадулаб боцIухъанлъиялъул департамента-лъул директор Харон Амерхановги. Нилъер нигIматазул хIалбихьун хадуб, гьез лъазабуна республикаялъе хIажатаб кумек гьабизе бугинги.
БачIин гьарзаяб
«Меседилаб хасалихълъи»

Дагъистаналъул производителазул нигIматал мустахIикълъана батIи-батIияб даражаялъул 44 медалалъе: 29 меседил, ункъо – гIарцул ва 11 — мазгарул. Республикаялъул хIукуматалъе кьуна Гран-приги, ай выставка цебетIезабиялъухъ бахъараб хIаракаталъухъ; ДРялъул росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъе кьуна меседил медаль – тайпадулаб ва дармилаб боцIухъанлъи цебетIезабиялъухъ.
Дагъистаналъул экспозиция гIуцIун букIана, миллияб хаслъиги цIунун, Нарин-хъалаялъул сипаталда. Церелъун рукIана 30-ялдаса цIикIкIун фирмаялъ хIадурулел кванил нигIматал. Цояб павильоналда рихьизарулел рукIана ункъо магIишаталда хьихьулел тайпадулал чахъаби. Гьезухъ ралагьизе щвана РФялъул хIакимзабиги депутаталги. ВукIана гьалбадерида гьоркьов ЛДПРалъул нухмалъулев Владимир Жириновскийги.
КIикIундерил консервазул заводалъе щвана 10 меседил медаль. Медалазе мустахIикълъана Гъуниб районалдаса «Агрофирма ЧIохъ» КХ, Рутул районалдаса «Восток-2» СПК, Казбек районалдаса «БагIараб октябрь» СПК, Хунзахъ районалдаса «Малигъурал гIадамал» СПК ва «Стелла» СПК. Лъабго мазгарул медаль кьуна ДРялъул федералияб аграрияб гIелмияб централъе – могьолал культурабазул цIиял тайпаби гIезаруралъухъ. 12 меседил медаль щвана коньякалгун чагъирал хIадур гьарулел заводазеги. Меседил медалалъе мустахIикълъана «Минмелио-водхоз РД» ФГБУялъул директор Залкип Къурбановги.
ПатIимат Расулова,
Москва