Шамилил мурид – чергесазул наиб
Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда тIобитIана ГIамирхан МухIамаддадаевас хIадур гьабураб тIехьалъул презентация
XIX гIасруялда имам Шамилил нухмалъиялда гъоркь эркенлъиялъе ва чияда бачIолъиялъе гIоло унеб букIараб къеркьеялъул заманалда загьирлъана гIемерал бахIарзазулги наибзабазулги цIарал. Гьединазда гьоркьоса машгьурав вуго Севериябгун БакътIерхьул Кавказалъул халкъазда гьоркьоб дин тIибитIизабизе, пачаясул Россиялда данде рагъизе, гьел цолъизаризе ва нухмалъи гьабизе имам Шамилица витIун вукIарав наиб МухIамад-Амин (ГIасиялав). Исана гьев гьавуралдаса 200 сон тIубала. Гьелда бан, МухIамад-Аминил ватIан Гьонода росулъ ва республикаялъул тахшагьаралда тIоритIулел руго батIи-батIиял тадбирал. Гьал къоязда республикаялъул Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда тIобитIана тарихиял гIелмабазул кандидат ГIамирхан МухIамаддадаевас хIадур гьабун къватIибе биччараб «Магомед-Амин и народно-освободительное движение народов Северо-Западного Кавказа в 40-60 г.г. ХIХ века» абураб архиваздаса документазул, кагътазул, гIелмиял макъалабазул, ракIалдещвеязул мажмугI. ТIехьалда лъурал материалазда якъинго рагьулел руго Шамилил наибас-гIалимчияс, рагъул цевехъанас, гIансаги Къуръанги гурого кодоб гьечIого, Севериябгун БакътIерхьул Кавказалъул халкъалги цолъизарун, гьениб ислам-динги тIибитIизабун, анцIила цо соналъ пачаясул Россиялде данде вагъиялъул ва цогидалги хIужаби.
ТIехьалъул презентациялда кIалъазе рахъарал Россиялъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул Тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гIалимзабаз, хъвадарухъабаз, жамгIиял хIаракатчагIаз, МухIамад-Аминил росуцояз, гIагарлъиялъ тIадчIей гьабуна МухIамад-Аминил гIелмуялде, гIагараб ракьалде букIараб рокьиялда, ватIаналъе ритIухълъиялде, гьелъул лъикIаб букIинеселъе гIоло насиб гьабураб гIумруялда. Гьев мисаллъун вукIине ккола гIолеб гIелалъе. Миллаталъул цебесеб тарихги, тарихалда цIар тарал бахIарзалги, адабиятги, маданиятги, мацIги кIочон тараб гIелалъулги, миллаталъулги букIинесебги пашманаб кколилан абураб магIнаялъул кIалъаялги рукIана гьенир.
Пайзула Пайзулаев