13 январь — Печаталъул къо Басма хIисабалда, газет-журналазда сверухъ батIи-батIиял бахIсал унел руго гьанже. Интернеталъул гIасруялъ газетал церетIеялъе нухал къазе ругин абулелги руго, газета кидаго тIагIине гьечIин ракIчIаралги дагь гьечIо. Европаялъул улкабаз нугIлъи гьабулеб буго цIалдолел газетазде тIадруссине рукIиналъе. Гьел улкабазда къо бахъанагIан цIикIкIунел руго газетал хъвалел. Нилъер гьанир гьабсагIаталда гIемерал гIадамал руго Интернеталъул...

