Уммат цолъизабурав

«Бо гIуцIулевги – цо чи, бо биххулевги – цо чи»

 

ХIабиб НурмухIамадовасул хIакъалъулъ гIемер бицуна дунялалъулго информациялъулал алатаз. Гьев ккола Россиялъул тарихалда жаниб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ тIоцебе чемпионасул рачел босарав чи. Лъималазги гьесдаса мисал босизе, гьесда релълъараллъун рукIине хIаракат бахъула, хIакимзабазги гьев жидедаго аскIове цIала. ХIатта гьес тIад лъун букIараб, гьелдаса хадуб гIолилазда гьоркьоб ссиялде бачIараб гъалараб тIогъролгицин багьа бахана 2500-3000 гъуршиде. Гьанже гьесул сурат тIад бахъараб ретIелцин букъулеб буго.

ХIабиб гьавуна ЦIумада районалъул Силди росулъ, 1988 cоналъул 20 сентябралда. Макгрегорилгун дандчIвай гьабизегIанги ХIабиб вукIана гьитIинаб къоялдаса нахъе речIчIухъанлъиялъул болъо-къоноялда, мегIели гьоркьоб течIого, цевехун унев чи. Гьаб ахирисеб къецалда гьев бергьинги букIана ракIчIараб хIужа.
ХIабиб жиндирго гьунаргун, батIи-батIиял мацIазда кIалъазе бугеб махщелгун, жиндехунго гIадамазул рокьи бижизабизе бажаригун ваккана Россиялъеги Дагъистаналъеги гьединав бахIарчи хIажат вугеб, киналго гьединав багьадурасухъ ралагьун чIун ругеб заманалда. Гьев нилъер ракьцояв ватиялдаса, узухъда, нилъее дагьабги цIикIкIун рохизе рес щвана. Амма нилъ цогидаздаса ратIарахъизе магIнаялда гуро гьеб абулеб бугеб. Щайгурелъул XIX гIасруялда немцазул анатом, антрополог Иоганн Фридрих Блюменбахил гIелмуялда рекъон нилъ, магIарулалги жанире рачунеб Кавказалъул сипат кколеб буго Европаялъул расаялъул бацIцIадаб тIеллъун. Гьединаб къавмалъул вакил хIисабалда, гьаб заманалда нилъер гIумруялъ ХIабиб вихьизави, гьев нилъер кьеразулъан вахъин буго тарихияб хIужалъун рикIкIине кколеб далил.
Жакъа къанагIатабцин пачалихъ гьечIо ХIабибил гьунаралъул хIакъалъулъ бицунареб, гьесдехун лъикIаб пикру загьир гьабулареб. Хасго гьелде кIвар буссинабулеб буго бакъбаккул, бусурбабазул улкабаз. Турциялъул президент Эрдогъаница гьесда дандчIвай гьабуна. Дунялалъулго бусурбаби цолъун руго гьеб гьунаралъул кьучIалда. Гьединго Белоруссиялъул президент А. Лукашенкоца В. Путинида баркана ХIабибица дандиясда тIад босараб
ракIчIараб бергьенлъи.
ХIабибица дагьал церегIан къояз Африкаялде гьабураб сапаралъги бихьизабулеб буго гьезул къавмалцин гьесдаса чIухIун рукIин. Гьеб кколарищ Дагъистан ва тIолабго Россия гьесул бергьенлъиялдаса рохиялъе гIилла! Дагъистаналъул тарихалда гIемерал рукIана нилъер гIолохъабаз Олимпиадаялдаги дунялалъулго къецаздаги
гьайбатал бергьенлъаби росиялъул хIужаби. Нилъеда киданиги кIочон толаро ГIали ГIалиевасул, ГIабдулбег Загъаловасул, Мавлет Батировасул, ХIайдарбег ХIайдарбеговасул ва цогидалги спортсменазул цIарал, гьезул гьунарал. Амма ХIабиб ккана гIицIго спорталъулги политикаялъулги вакилзабазул гуреб, бусурбабазул цивилизациялъул бергьенлъиялъул къебедлъун.
Гьесул хьвада-чIвадиялъулъ якъинго бихьулеб буго гьев гIицIго речIчIухъан гуревги, хъизан, тухум, жиндирго ватIан бокьулев инсан вукIин. Гьелъ гьесие рес кьолеб буго гьезул къадру-къимат цIунун, гьездехун жиндирго рокьи загьир гьабун кIалъазе, чIорогоял гIадамазул гIантал бугьтаназдаса гьел цIунизе.
Жакъа Россиялдаги цо-цо гIадамазул Кавказалдехун, Дагъистаналдехун бугеб бербалагьиялъухъ балагьани, гьеб роцIа-раблъун гьечIо. Гьеб буго политикияб рахъ. Абизе бегьилаан, гьеб ХIабибие хIажатаб жоги гурин, гьев жиндирго спорталъул чIаголъиялда тIад хIалтIулев вукIайилан. Спортсменал политикиял суалазде гьоркьоре лъугьиналъул мисалал цIакъго къанагIатал ругелъулха. Гьедин бугониги, гIадаталдаса борчIараб жо гьабиларин, жиндирго напсги къадруги цIунун, гьеб дир иш гурилан чIолев гьечIо ХIабиб. Гьес цIунулеб буго Россия, Дагъистан, жинца гьабулеб дин, тухумалъул, хъизамалъул ва эбел-инсул къадру. Гьесул гьунаралъ Дагъистаналда сверухъ ракIарун рукIарал кьерхарал накIкIал нахъе рачахъун, гьелъул гьумер гвангъизабулеб буго. Жиндир щибаб гали ХIабибица лъолеб буго ургъун, гIедегIинчIого. Гьединлъидал киназго хIаракат бахъулеб буго гьесул лъикIаб хасияталдаса битIараб пайда босизе. Россиялъул президент В. Путиница Дагъистаналдехун ва нилъер халкъаздехун бугеб рокьи цоги нухалъ бихьизабуна ХIабибилгун ва гьесул эмен ГIабдулманапилгун гьабураб данд-
чIваялъул мисалалдалъунги.
Киназдаго лъала, нилъер республикаялъул бетIер В. Васильевасулгун букIараб дандчIваялда гьес ХIабибида жиндир гIакълучилъун чIайилан абураблъи. ХIабибица кьураб жавабги балъголъи гуро – гьес абуна жив ургъилин. Киналго дагъистанияз гьабизе букIарабдай гьедин? Дида ккола гIемерисел, нахъбахъун течIого, гьенирго разилъилаанин. Гьелъги бихьизабулеб буго ХIабибил гIаданлъи, рухIияб бечелъи, чорхолъ хъантIи гьечIолъи ва гьесие эбел-инсулги росдал жамагIаталъулги лъикIаб тарбия щун букIин.
Социалиял гьиназухъ халгьабидалги бихьулеб буго гьениб дагъистаниясдехун, динияб рахъалде балагьичIого, гьесдехун ва гьесул умматалдехун рокьи загьир гьабулеб букIин. Пуланав Николай Тепляковас хъвалеб буго:
«ХIабибица Макгрегорида тIад бергьенлъи босаралдаса нахъе дица Дагъистаналъул тарих цIализе байбихьана ва дир цебе гьеб республикаялдехун букIараб бербалагьи кьучIдасанго лъикIаб рахъалдехун хисана. Дун гIурусав вуго, амма дида лъана Шамил-имам, гьесул муридал щал чагIи кколел рукIаралали. Дица диего рагьана дунялалъул цо бутIа — Дагъистан, гьелъул тIабигIат, берцинал, къуватал, лъикIал гIадамал. Биччанте гьезда гьоркьоб кидаго рекъел букIине», — ян. Жакъа гьеб буго цIакъ кIвар бугеб пикру ва къимат. Щайгурелъул бичIчIизе захIматаб жо буго ХIабибилги Макгрегорилги къец байбихьилалде цебе, цо-цо блогеразул пикруялда рекъон, Ирландиялъул вакиласул гIезегIанго россиялъулазги рахъкколеб букIин. Гьелъ бихьизабулеб буго цо улкаялъул халкъазул цоцалъ гьечIеб гъунки, цолъи. Гьединаб ахIвал-хIал хисизабизе ккани, нилъеца батIи-батIиял халкъазда гьоркьоб гьабизе ккезе буго гIемераб бичIчIикьеялъул хIалтIи. Щайгурелъул, ХI. НурмухIамадовасдехун цо-цо нилъер ватIанцоязул гьечIеб рокьи – гьеб гIицIго гьесдехун жакъа бижараб гуро – гьединабго бербалагьи гьезул букIана Россиялъул спортсменал Федор Емельяненкодехунги, Александр Шлеменкодехунги, цогидаздехунги.
«ХIабиб» абун гIараб мацIалдаса бачIараб рагIиялъул магIна буго «хирияв», «вокьулев» абураб. Гьев киназего вокьана, гьединаб буго гьесул пиша, гIамал-хасият, тIабигIат. Гьединлъидал гIажаиблъи гьа-бизе ккараб жо гуро гьесие нилъер рес-
публикаялъул жамгIияб рахъалъ бищунго тIадегIанаблъун кколеб «Дагъистаналъул халкъияв бахIарчи» абураб цIар кьейги. Щайгурелъул гьев нилъер умматалъул бо гIуцIаразул цояв кколелъул.
Зикрула Илясов