Рокьул къуват ГIурус учительницаялъул хабар Александр Костюнин Дун гьаюна Курск областалда. Хехго бесдаллъана. Амма доб къо, жакъа гIадин, буго берда цебе. Бана кутакаб цIад. Эбелги вац Федяги – дидаса лъабго соналъ кIудияв – рекерана гIурухъа хъазил тIанчIи рокъоре рачине. Цо заманалдасан къотIносан бахъана чIичIи, екерун ячIана мадугьал:– Настя-а-а!.. Дур баба… чIвана чвахунцIадалъ! Федя цо...

