Мискинчиясул чвантида битIахъе нацI базабулеб буго
Центробанкалъул баяналда рекъон, 2019 соналда хиралъизе руго нигIматалги къайиги. Гьелъие гIиллалъунги рикIкIунеб буго 5,5 проценталъ инфляция бахине рес букIин. ЛъагIалил ахиралдайин абуни гьеб, цо чIараб ва гIадатаб 4 проценталде бачIине буго.
ЛъагIалил тIоцебесеб бащалъиялда бичулеб къайиялде тIаде бахъулеб гIарцуда лъолел налогал цIикIкIине руго.
1 январалдаса нахъе НДС цIикIкIине буго 18-20 проценталде щвезегIан. Гьелдалъун батIи-батIиял кванил нигIматал хиралъизе руго, автомобилазул, ретIел-хьиталъул, техникаялъул
ва цогидалги нигIматазулгун къайиялъул багьаби цIикIкIине руго.
Налогал цIикIкIинариялъ, 75 процент къайиялъул ва хъулухъазул хиралъизе буго. Гьелъул хIакъалъулъ бицунеб буго РФялъул Экономикияб цебетIеялъул министерствоялъги. Цо-цо социалияб тайпаялъул нигIматаздагун къайиялдайин абуни, кидаго гIадин, льготабазда рекъон, 10 процент гурони НДС лъоларо. Гьел ккола лъималазе къайи, цо-цо дараби, тIахьал, цо-цо кванил нигIматал (хIан, щарил нах, ханал ва цогидабги).
ТIолгодунялалъулго банкалъ (ВБ) гьабураб хIисабалда ре-къон, НДС цIикIкIиналъ, гIадамаз бичулеб жоялде бачIунеб хайирги 0,8-0,9 проценталъ гIодобе ккезе буго. ВБялъул цIех-рехазда бицунеб буго гьеб ахIвал-хIалалъ пенсия хисизе гьечIин.
Коммуналиял хъулухъал
Россиялда санайил коммуналиял хъулухъазухъ кьезе кколеб багьа хиралъула. 2019 соналдайин абуни коммуналиял хъулухъазухъ багьаби рахине руго кIиго нухалда — тIоцебесеб январалда ва тIоцебесеб июлалдаса нахъе, 1,7 ва 2,4 проценталъ.
ТIасияб соналдаса нахъе цIикIкIине буго рищни-къул нахъе баччаралъухъ кьезе кколеб мухьалъул къадарги. 2019 соналдаса нахъе цIияб къагIидаялда бакIаризеги батIа гьабизеги бугелъул туруларебги цогидабги рищни-къул.
Бензин
Россиялда бензин хиралъизе байбихьана ихдалидасаго нахъе. Гьебги чIегIернартил багьаялдацин бараб букIинчIо. Бензин ва дизелалъул цIатари хиралъизе буго хадусеб соналъги. Гьеб бараб букIине буго 1 январалдаса нахъе акцизал цIикIкIиналда. Дизелалъул цIатариялъе акциз цIикIкIине буго 2700 гъурушалъ, бензиналъул тоннаялъухъ – 3700 гъуруш. ХIисабалъул палатаялдаги лъазабун букIана, акцизал цIикIкIиналдалъун цIатариялъухъ багьа цIикIкIине бугин.
Бензиналъухъ багьа хиралъизе буго 31 марталдаса хадуб. ЦIатариялъул рынокалда багьа цого къагIидаялда цIуниялъе гIоло гьабун букIараб къотIиялъул заман лъугIула 31 марталдаса хадуб. ЧIегIернарт бичулезулгун хIукуматалъ къотIи гьабун букIана, цадахъго босулеб мехалда, цIатариялъухъ багьа учуз гьабиялъе.
Бензин хиралъи бараб букIине буго цогидаб къайи ва нигIматал хиралъиялдаги.
«Киналго нигIматазде тIаде бахъун букIуна гьеб баччара-лъухъ (транспортировка) багьаги. ГIемерисеб къайиялъухъ тIолалго регионазда 7-10 проценталъ багьа цIикIкIине буго. РикIкIадал регионаздайин абуни цIикIкIун хиралъизе руго нигIматал. Хиралъизе руго чед, макаронал, росдал магIишаталъул нигIматал», — ан баян гьабулеб буго Россиялъул финансовиял директоразул клубалъул вице-президент Тамара Касьяновалъ.
2019 соналъул тIоцебесеб июлалдаса нахъе индексация гьабизе буго «Платон» мониторингалъул къагIидаялъулги.
Транспорт
Россиялда гIадат буго санайил жамгIияб транспорталъухъ гIарац цIикIкIинабулеб. Автобусазул ва цогидабги транспорталъул билетазухъ багьа бахиналъул ва цо багьа чIезабиялъул иш бараб букIина бакIалъул нухмалъулезда…
2019 соналда, авиакеросин хиралъиялда бан, хиралъизе бегьула авиабилетазухъ багьаги.
ТIасияб соналъ хиралъизе буго бухьеналъул хъулухъги. Цо-цо регионазда байбихьун буго рукъалъулаб Интернет хиралъизе. Гьебги бараб буго НДС цIикIкIиналда.
Январалъул байбихьуда Россиялда долларалъул багьа бахине буго 70-72 гъуршиде.
ПатIимат СултIанмухIамадова