МацI лъаларел нугIзал ЧIалда росулъ даргиязул хабалазул хIакъикъат Гьанжеялдаса гIемерал соназ цебе, дун гIолохъанчи вугеб мехалда, ЧIалда росдал годекIаниб рагIун букIана хабалазул гъоркьияб бакъбаккул рахъалдехун ругин МикIкIихIариб росулъа гIадамал рукъарал хобалилан бицунеб. Доб мехалъ лъикIго халгьабуни, гьел хабалалъ эхетарал заназул бащдалдасаги цIикIкIарал ратIарахъизеги лъалаан, узданго, цокIалго, цо кьерда, цо къоялъ рукъарал гIадамазул къаданир чIварал гIадин...
