Лъимал чияр рукIунаро Яс хвасар гьаюразе баркала кьуна республикаялъул нухмалъулез ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов ва ДРялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов дандчIвана щуабилеб тIалаялдаса гъоркье йортулей йикIарай яс хвасар гьаюрал ТIагьир МухIамадовгун ва Айдемир Къулдуевгун. «Гьеб буго унго-унгояб бихьинчилъи. Гьединаб лъугьа-бахъин ккезе бегьула щивасулгун, щивас жидее щвараб тарбиялда рекъараб гIамал бихьизабула гьеб...

