Ракьцоял – республика бахун къватIир

Тахшагьаралъул бищун лъикIав отоларинголог

 

Москваялъул тIоцебесеб больницаялда хIалтIулев вугев
МухIамадил кабинеталъул кIалтIа кидаго букIуна унтаразул халатаб ирга

МухIамадихъе ине къваригIун иргаялда чIун ватарав Грозныялдаса Роман Мацаевас бицана: «МухIамад Маллаевич вуго лъикIав тохтурги гьединавго инсанги. 2002 соналда ккана дун МухIамадихъе. Гьелдаса нахъе нижер гьудуллъиги буго. Гьанже дида лъалелщинал гIадамал дица ритIула гьесухъе. Аллагьасго тохтурлъун вижарав чи вуго гьев. Махщел тIокIав тохтур гуревги, МухIамад вуго ракI аваданав инсанги, гьесул гьуинаб каламалъги сах гьарула гIадамал», — ан.
Россиялъул гIелмабазул ака­де­миялъул дерма­то­венеро­ло­гия­лъу­л кафедраялъул доцент Диана Наж­мудиновалъ абуна, жийги Му­хIамадги цадахъ цIа­ланин мед­­институталдаги ординатураялдаги ва цадахъ хIал­тIулелги ругилан. «ЦIалулеб заманалдасанго гьудуллъи буго нижер. МухIамадил студентазги ишцоязги гIемер бицуна гьесул лъикIлъиялъул, хIалимлъиялъул ва махщалил хIакъалъулъ. Дица­ги гьесухъе ритIула унтарал. Гьесул буго цIакъ лъикIаб хъизамги», — ян бицана гьелъ.
«Тохтурасул махщел тIаса­бищулев чиясда бичIчIизе ккола, гьеб букIин кIваркьезе ва рукIа-рахъиналъул масъалабаздаса рикIкIалъизе кколеб иш. Реццги цIарги циндаго щолеб жо букIунаро. ГьабсагIаталда гIадамаз дир хIакъалъулъ бицунеб заманалда, дида ракIалдещола цIалул соналги, общежитиялда араб гIумруги, гIемераб жоялдаса инкар гьабизе ккейги. Щибаб соналъ щола дирго ватIаналде, Шамгъоде. Гьеб буго дир кьалбазул ицц, лъимерлъи, школа, комсомол, колхоз, эбел-эмен, вацал ва яцал, къокъго абуни, ватIан! Амма 25-ялдаса цIикIкIун соналъ гIумру гьабун вуго Москваялда, гьединлъидал цIакъ бокьула тахшагьарги.
Институт лъугIидал, дун витIана Волгоград областалде ва ункъо соналъ хIалтIана гьенив хирурглъун ва хадубккун ЛОР-тохтурлъун. Гьениса ана Москваялде ва гьелдаса нахъе хIалтIулев вуго гьанив. РАНалъул член-корреспондент В. Т. Пальчунил нухмалъиялда гъоркь дица 30 сонил ригьалда цIунана докторасул диссертацияги», — ян бицана МухIамадица.
МухIамад МухIамадовас кьо­ла студентазе дарсалги. Лек­циязул авалалдаго гьес би­чIчIи­забула магIарзукъалазул бугеб кIвар: «Гьанжего гьанже гьабураб лъимералъ хIухьел цIазе ба­жариялда бараб буго гье­лъул гIумру. МагIарзухъан щола кислород, гIундуз кумек гьабула калам рагIизе, кIалалъ – квен квине. Инсанасул гIумруялъул лъикIаб даража бараб буго ЛОР-лугбазда», — ян бицуна гьес рукIинесел тохтурзабазе.
Ахирал соназда гIемерлъун руго берцинлъиялъе гIоло операция гьабулел гIадамал. Гьелда бан, МухIамадица гьадин абуна: «Москваялъулаздасаги гIе­мерав чи вачIуна Кавказалдаса, сипат хисизабеян гьарун. Дун гIолохъанаб заманалда кавказалъулаз гьединал операциялго гьаризе толароан. Дица байбихьудаго бичIчIизабула, операция гьабичIого тани, лъикIаб бугеблъи. Масала, шагIир Анна Ахматова­лъулги букIана сурараб мегIер, амма дагьал рукIинчIо гьелъухъ рокьи ккарал бихьинал. Гьурмал берцинлъиялдаса рекIел берцинлъи тIасабищизе кколин малъула дица», -ян.
МухIамад хIалтIулеб Мос­квая­лъул №1 больница жаниб бугеб минаялъ бана 250-ниги сон. Басралъун руго гьелъул къадал. Гьеб бана гиназ Галицынил гIарцухъ ва, Россиялде рагъгун Наполеон вачIараб заманалда, гьенир сахгьарулел рукIана парангазул солдатал. Гьеб мина ккола архитектураялъул памятник ва тахшагьаралъул нухма­лъиялъ хIаракат бахъизе ккелаан гьеб цIигьабизе. Амма гьенир руго хIалтIуе хIажатал алатал, махщел тIокIал тохтурзаби.
«Нижер буго кIудияб больница – Москваялъул 12-14 млн чиясе хъулухъ гьабула гьаниб. ГIицIго ЛОР-отделениялде цо дежурствоялъул заманалда вачIуна 25-30 унтарав. Отделениялда хIалтIула щуго тохтурги 35 ординаторги. Гьев 40 чи тIубараб къоялъ векерахъдулев хутIула, хIалуцараб хIалтIи буго нижер», — ан бицана МухIамадица.
Тохтур МухIамадов щибаб соналъ щола Дагъистаналде, кIиго мо­цIалъ хIухьбахъизелъун. Амма хIухь­бахъиялъул бакIалда, гьев хутIула больницабазда. «Да­гъистаналда гIе­мер руго лъикIал тохтурзаби, амма гьезие гIолеб гьечIо гьанжезамана­лъул техника. Дида бихьула гьезул кверзул устарлъи, видеотехникияб алатги кодоб букIарабани, гьезул хIалтIи мухIканлъилаан ва гIемерго бигьалъилаан», — ин абуна гьес.
Эркенаб заманалда МухIа­ма­дица хIала футбол. ГIисин­лъималазул гIадинаб чIиргъи-хъуй букIуна, хера­зул команда хIалеб мехалда. Му­хIамадов вуго командаялъул гьужумалъулав. Рокьула гьесие чуялги – анкьида жаниб цоцIулниги уна чода рекIун тира-сверизе. ХIала бильярд, хъещтIола лыжабазда. Амма ахираб заманалда машгъуллъун вуго зурма пузе. Гьес босун буго цо чанго зурма ва вукIуна, зурмида бакъналги рачунаго, хъизамалъул сабруя­лъухъ «халгьабулев».
ПатIимат Расулова