ГIетI базабулареб бизнес Жидерго яхI-намус хIатIикье рехаразул пиша Советияб заманалда гьардухъ рахъин рикIкIунаан ничаб ишлъун. Цебе, хIалтIизе бокьуларел чагIийиланги абун, гьардухъабазе гIадлу гьабулаан, бадибчIвай гьабун нечезарулаан. Жакъа гьездехун дагIба гьабулев чи къанагIатги вукIунаро. Дагъистаналда, хасго МахIачхъалаялда гьардухъабиги цIакъго гIемерлъун руго. Гьел руго базаразда, мажгитазда аскIор, больницабазул кIалтIа, шагьранухазда… ГьаниргIан гIемер гьел гьечIо я Краснодаралда, я...

