Северияб Кавказалъул экспедициялъул хIалтIул хIасилал Россиялъул гIелмияб академиялъул Археологиялъул институталъулги (ИА РАН) Дагъистаналъул федералияб цIех-рехалъул централъул Тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъулги (ИИАЭ ДФИЦ) гIалимзабазул цадахъаб хIалтIул хIасилалда чIезабуна кIиго миллион соналъ цебеккун тIубанго батIияб гIумру букIараблъи Дагъистаналъул ракьалда. Палеолитин абула ганчIил гIасруялъул заманалда. Гьебмехалда дунялалда рукIана пикру гьабизеги цадахъал ишал гIуцIизеги бажари бугел, инсанасда...

