21 цIалдохъанасе щвана 100 балл
Исана ЕГЭялъул хIасилал квешал гьечIо
Артём Здуновасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб Дагъистаналъул хIукуматалъул данделъиялда 2019 соналъул ЕГЭялъул хIасилал гьаруна. Аслияб кIалъай гьениб гьабуна ДРялъул лъайкьеялъул министр – ДРялъул вице-премьер Уммупазил ГIумаровалъ.
Министралъул баяназда рекъон, 2019 соналда ЕГЭ кьуна 12 452 выпускникас ва ГИА – 23 992 цIалдохъанас. Экзаменал тIоритIана 68 хасаб пункталда. Жеги анлъго пункт гIуцIун букIана загIипаб сахлъи бугел цIалдохъабазе. Онлайн режималда хIалтIулеб букIана 985 аудитория ва сахлъи загIипал лъималаз экзаменал кьолеб 34 аудиториялда лъун рукIинчIо видеокамераби. Экзаменазул заманалда хIалтIулев вукIана 4386 чи. ЦIалдохъабазул тIадкъаязул халгьабуна 465 экспертас (гьезда гьоркьоса 13 ккола федералияв эксперт) ва экзаменазда хадуб халккуна 229 жамгIияв чияс, гьезда гьоркьоса 85 вукIана федералияв наблюдатель.
У. ГIумаровалъ бицана цIалдохъабиги гьезул эбел-эменги экзаменазде хIадуриялъул, ай гьезулгун гара-чIвариял ва дандчIваял тIоритIиялъул хIакъалъулъги. Гьел тадбиразул хIасилалда исана цIикIкIана, адабияталъул хутIизегIан, киналго экзаменазул гьоркьохъеб балл. «Масала, гIурус мацIалъул экзаменалъухъ 80-ялдаса цIикIкIун балл щвана 1748 выпускникасе, профилияб математикаялъухъ – 103 выпускникасе. Гьединго 21 цIалдохъанасе щвана батIи-батIиял экзаменазухъ 100 балл (гьезул хIалтIабазухъ цIидасан халгьабуна Рособрнадзоралъул вакилзабаз).
2019 соналда 873 выпускникасе кьуна «За успехи в учении» абун тIад хъвараб цIияб формаялъул аттестат (гьелда рекъон кьола меседил медальги). Аттестат щвечIого хутIана 825 цIалдохъан. Хьул буго, сентябралда цIидасан экзаменалги кьун, гьезул къадар жеги дагьлъилин», — ан бицана министралъ.
ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель Елена Ельниковалъ кIвар буссинабуна экзаменал кьезе ругел цIалдохъабазулгун ва гьезул эбел-инсулгун психологиял гара-чIвариял гьаризе ккеялде. Гьелъ абуна, цIалдохъаби хIинкъулел ругин тIаде щолел ругел экзаменазукьа ва гьелдалъун чорхол сахлъиялъе зарал гьабизе рес бугин абун.