ЦохIо эбел-ватIаналъул васал Дол къояз рагъ гIахьалаб букIана Эльмираеги ЦIоб гьечIел хъачагъаз Дагъистаналъул ракьалда хъубаб хIетIе чIаралдаса ана къого сон. 1999 соналъул июль. Рии тIадбан букIана Дагъистаналда. Цо лахIзаталъ кьерхана дуниял – киса-кирего накIкIаз рахчана зобал, гIодана мугIрул, гьезул карандасан бецIцIизе лъугьана би. ВатIаналъул кавудал кIалтIе тушманги вачун щваразда гьоркьор рукIарал чарал бахIарзазда бахъараб...

