Макьу гIечIони, гIузраби камуларо

ХХI гIасру – цIиял ресал, цIиял захIмалъаби

 

ГIалимзабаз, цебегоялдаса нахъе, гьоркьохъеб ригьалъул гIадамал микьго сагIаталъ кьижи лъикIаблъун рикIкIуна. Инсанасул сахлъиялъе кIвар бугеб жолъун ккола гIураб къадаралда кьижи. Макьу тIури сах гьабулев тохтур ккола сомнолог. Макьу щунгутIи гьеб унти гурин, батIи-батIиял унтаби сабаблъун лъугьунеб гIаламат бугин рикIкIуна специалистаз. Ахираб нусго соналда искусственнияб канлъи, гьединго компьютерал ва гаджетал раккаралдаса нахъе гIадамал кьижулеб гьоркьохъеб заман гIемерисезул микьго сагIаталдаса анлъго сагIаталде щвезегIан къокълъана. Гьеб ккола соматикиял ва психикиял унтаби цIикIкIиналъе гIилла, гьелъ хвезабула макьил гормонлъун рикIкIунеб мелатонин лъугьиналъул къагIида.

Тохтурасухъе ине кколеб заман

Макьу щунгутIи букIине бегьула чIахIияб ригьалъул гIадамазул гуребги, лъималазулги гIолилазулги. Макьу щунгутIиялъ батIи-батIиял унтабиги рагъаризаризе бегьула. Макьу тIури буго кIиго батIияб хасияталъул: лъабго моцIидаса рукIалиде кколеб (острая инсомния) ва чанго соназгицин халатбахъунеб. Острая инсомния тIагIуна ракI хIалуцин ва ракIбакъваялъе гIилла лъугIараб мехалда.
ГIемерисеб мехалда инсанасул макьу хвезабула гьесул ботIролъ рикIардулел батIи-батIиял суалаз, гIумруялъул захIмалъабаз.
ГIемер дандчIвала макьил дараби гьекъанигицин кьижизе кIолареб психофизиологияб инсомния (макьу тIури). Тохтурзабазул баяназда рекъон, 6-7 процент гIадамал рукIуна макьу щоларого.
Лъабго моцIалдаса цIикIкIун заманалъ макьу тIурулеб бугони (бессоница), тохтурасухъе ине кколин рикIкIуна сомнологаз. Гьеб лъабго моцI букIине бегьула инсанасул черх стрессгун къеркьолеб заман. Лъабго моцI ун хадубги макьил иш рукIалиде ккечIони, гьелъул магIна ккола гьев чиясда дандчIвараб захIмалъигун къеркьон бажарулеб гьечIин абураб, макьу гIечIолъиялъ нервабазул системаялда рухьарал батIи-батIиял унтаби лъугьине рес буго, масала, лъугьине бегьула гастрит, язва, гипертония, бронхиальная астма.

Сомнологазул малъа-хъваял

Макьил дараби гьекъезе бегьула гIицIго стрессалдалъун макьу тIурараб заманалда. Халатбахъараб макьу тIуриялъе гьединал дарабаз кинабгIаги асар гьабуларо. Сомнологаз лъикIаблъун бихьизабула халатбахъун макьу щоларев чи макьу щвезегIан бусалъ вегун чIечIого тIадеги вахъун бокьараб хIалтIи гьабизе. Гьелъ кумек гьабила макьу рекIине. Цо-цо мехалда тохтурзабаз антидепрессантал гьекъезарула макьу щоларезда, макьил дарабазде гIадин гьезде ругьунлъуларо. Амма бичIчIизе ккола нервабазул иш лъикI гьечIони, макьу тIуриги рукIалиде ккезабун бажарулареблъи. Макьу рукIалиде бачIинабизе ккани, лъабго моцIгIаги хIажалъула.
ГIемерисезул бищунго кIудияб гъалатIлъун рикIкIуна, макьу щоларого рукIаниги, кьижизе хIаракат бахъи. Тохтурзаби-сомнологаз жиб кквезеян лъугьани боржун унеб, хъатиниб чIараб хIинкъараб хIинчIалда релълъинабула макьу. ЛъикIал пикрабигун регани, бигьаго кьижунги ккола.
ГIелмиял хIалтIабаз бихьизабула щибаб къоялъ 9-10 сагIаталъ кьижулезулги 5-6 сагIаталъ гурони кьижуларезулги гIемерисеб мехалда цого унтаби лъугьунел рукIин. Амма щибаб къоялда, гIураб къадаралда ва цого заманалда кьижулев чиясул гьединал унтаби лъугьунарин рикIкIунеб буго гIалимзабаз. ЦIикIкIун кьижула унтуца сваказабураб чорхоца макьу тIалаб гьабулев чи, гьединал унтабазул хIасиллъун ккезе бегьула инфаркт, инсульт ва тохлъукьего хвел. Анлъго сагIаталдаса дагьаб заманалъ кьижулел гIадамазул лъабго проценталъул гурони лъикIаб сахлъи букIунаро.

Макьилъ хIухьел къотIи

Киналниги гIадамазда гьоркьоб лъабго проценталъул апноэ синдром дандчIвала, гьеб ккола макьилъ хIухьел къотIи. Гьелъ макьуги хвезабула, гIорцIизегIан кьижизеги щоларо. Макьилъ хIухьел къотIи (апноэ) захIматаб буго макьу щунгутIиялдаса. Апноэ бугев чиясул макьилъ давление бахуна, ракI хехго кьабула. Кьижун хIухьбахъизе кколеб бакIалда гьединазул рекIеде цIикIкIараб хIал щолеб буго. ХIухьел къотIунщинахъе рорчIула ва хIухьбахъиялъул бакIалда свакала. Гьединазул гипертония, ракIалда жо чIунгутIи ва цогидалги унтаби раккула.
Апноэ бугев чи макьилъ хъванкIола. Аслияб къагIидаялъ макьилъ хIухьел къотIула ва хъванкIола кьариял гIадамал. Щокърода лъугьараб кьаралъиялъ хIухьел жанисан хьвадулел нухал къварилъиялъ кколеб жолъун рикIкIуна апноэ. Гьединлъидал апноэ сах гьабиялъул бищунго лъикIаб ва хIасил кьолеб къагIида ккола хIалакълъи. 10 проценталъ хIалакълъиялъ, хIухьел цIай кIицIул лъикIлъула.

Макьил тартиб цIуни

БатIи-батIиял унтабиги лъугьинаредухъ, тохтурзабазул кумекалде черхги ккеларедухъ макьил тартиб цIуниялъе чанго лъикIаб къагIида бихьизабун буго специалистаз:
1. Микьго сагIаталдаса дагьго яги цIикIкIун кьижунгутIи. ГьедигIанасеб заман хIажалъула чорхол берцинлъиги, гIолохъанлъиги, физиологияб ва психологияб сахлъиги цIунизе ккани. ГIодоркъояз гIорцIизегIан кьижилин абун хIалтIул къоялъ макьу къокъгьабизеги бегьуларо.
2. ХIажатаб заманалда рорчIи.
ГIалимзабаз батIабахъула хIинцаб ва хехаб макьу. Сордо рогьинегIан цин хIинцаб, хадуб хехаб къагIидаялъул макьу бихьула инсанасда. ГIалимзабазул пикруялда рекъон, макьил цо-цо бутIа кьижун ккаралдаса нахъе сагIатгун бащдалъ халатбахъуна, гьеб байбихьула хIинцаб макьидаса, ва хехаб макьидалъун лъугIула. ГIалимзабаз чIезабун буго хIинцаб макьил заманаялда макьидаса рорчIани, тIубараб къоялъго свакан ва макьу щварал кинигин хутIулин. Хехаб макьил заманалда, ай макьил цо бутIа (1,5 сагIат) лъугIулеб заманаялъ рорчIани, захIмалъи букIунаро, дагьго кьижанигицин. Гьединлъидал радал макьидаса рорчIизеян цIумур лъолаго, хIисаб гьабизе ккола хехаб макьил заманаялъ рорчIиледухъ. Масала, къаси сагIат 12 тIубалелдехун кьижун ккани, макьил тIоцебесеб бутIа лъугIула сагIат 1:30, кIиабилеб сагIат лъабгоялда, хадусеб сагIат 4:30, гьедин рогьинегIан. Гьелда рекъон, къаси сагIат 12 кьижулев чияс радал вахъинелъун цIумур лъезе кколеб буго сагIат 7:30 яги 9:00 тIубараб мехалда.
3. Кьижилелде анлъго сагIат цебеккун лъугIизе ккола спортивиял тренировкаби. Черхалде хIал щвеялъ нервабазул система багъаризабула ва кьижун хIухьбахъизе захIмалъула.
4. Къаси мехалъ битIун кванай. Къаси мехалъ кваназе лъикIаблъун бихьизабула углеводал гъорлъ ругеб квен. КигIан нилъ хIикмалъаниги, гьеб ккола гьуинал булкаби, тортикал, карщал. Гьеб рикIкIуна макьу щвеялъе бищун лъикIаб квенлъун, амма къаси мех бугелъул, дагьго кваназе ккола.
5. Телевизоралдаса инкар гьабун, кьижилалде цере тIахьал цIали.
6. Хурдул гьарураб хIамам. Къаси квандаса хадуб сагIат арабго 37-38 градусалъул хинаб ва гIодориччазарулел хурдузул ваннаялъур регизе лъикIаб буго. Календулаялъул, сагIаналъул (мелисса), душицаялъул 50 граммалъул гьабураб тIокIкIел гъорлъ жубараб ванная-лъур 20 минуталъ регила.
7. Хурдул жанир лъураб къандалъо. МахIквеш, багIачал, накIкIигъотIол гьитIинаб гIаркьел, рохьил цIулакьо жаниб лъураб гьитIинаб къандалъо бусада аскIоб лъуни, макьу гIодобе биччараб букIина.
8. Гъараналъул чай. Цо кIудияб гъуд цIураб гIисин гьабураб гъараналде тIаде тIела стакан цIураб бухIараб лъим, кIиго сагIаталдасан гьекъезе бегьула.
9. Валерианалъул тIокIкIел гьекъей.
10. Бусен битIун лъей.
11. ХIалуцунгутIи.
ПатIимат СултIанмухIамадова