Къалеб буго пардав «хъазнида» нахъа…

 

АвгIаги кив вукIаравинги абун, нужеца гьаб казият нахъе реххичIони, дица нужее кIванагIан къокъго бицина гьал къоязда Дагъистаналда рукIарал жамгIиял ва политикиял лъугьа-бахъиназул.

 

Тамашаял лъугьа-бахъинал ккана араб ва унеб бугеб анкьида жанир Дагъистаналда.

 

 

ТIоцебесеб — нужеда киназдаго лъалеб, казияталъул ахирисеб тIанчида бугеб цIияб хабар – «Х1акъикъаталъул» бетIерав редакторлъун ГIумахан ГIумаханов вачIин.

 

 

Гьелъул халат гьабиларо, нужедаго лъан букIине бицун толеб буго. Дагъистаналъул хIукуматалъ ишги лъалев, лъайги бугев, аваро-андо-цезал абун анцIихъе бикьараб нилъер миллаталъул киналго чIагоял — гьунарги, пикруги, асарги, жидерго хатIги, хъвайги бугелщинал къуватал магIарул басмаялда сверухъ цолъизаризе тун вуго ГIумахан хъулухъалда, дида бичIчIулеб бакIалдаса. Гьедин бугин бичIч1изабуна информатизациялъул, бухьеналъул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегиревас данделъиялдаги. Уйила, гьедин бугин гьебилан тасдикъ гьабуна гьеб пикру данделъаразги.

 

Ахиралда казияталъул концепциялда тIасан камилаб калам гьабуна цIияв редакторасги.

 

КIиабилеб лъугьа-бахъин ккана гьадинаб. 1990-абилел соназул бащалъудаса нахъе республикаялъул хъазнаялъул щекъер щулаго ккун букIарав, республикаялъул бетIерлъиялде кидагосев кандидат СайгидхIусен МухIамадов хъулухъалдаса нахъе унев вугин бичIч1изабуна Халкъияб собраниялъул сессиялда республикаялъул бетIер В. Васильевас. Гьеб хабар рагIарабго «вахI» — илан гъванща хъасана сессиялда чанго депутатасги саламатал министразги. Политикаялда хадур халккурал чагIазда Сайгидх1усен лъалаан федералияб централда къуваталъулазда гьоркьор кIудиял бухьеналги ругев, В. Путинил администрациялда мугъчIвайги бугев, хъулухъалъ тIаде гьункьун гурони, гъоркье рещт1ине ресго гьечIев чи хIисабалда.

 

 

Иш батIайиса бугин бичIчIизабуна тIоцеве казначействоялда тIаса критикагун цеве вахъарав депутат СалихI ХIажиевас. Гьев жого гьечIого цеве вахъарав чи гьечIеблъи бич1ч1ана хадубго депутатасул пикруялъул рахъккун В. Васильев к1алъайдал.

 

 

Сессиялъул тIоцебесеб бутIаялдаса къватIире лъугьарабго, ХъахIаб рукъалъул жанахIалъуб цо магIарулазул депутатас бадирчIваял гьаруна СалихIие магIарул чи какун цеве щай вахъаравинги абун. «Гьесда кIалъаялъул пайда гьечIо, гьеб буго чи чIванин туманкIалда гIайиб чIвай гIадаб жо. ТункIида гурелъул букIунеб гIайиб, гьеб кьвагьулесдалъидал. Гьевги гьеб абизе витIарав чи вуго, гьесул хъундахъ ккурав чи хадув кIалъана», — ян абуна дицаги гьев магIарул депутатасда.

 

 

ХIасил-калам, гьаб политикияб лъугьа-бахъиналдаса нилъее баянлъулеб буго гьадинаб хIакъикъат. КигIан гIемер казначей нахъе витIизе кколин цере рукIарал нилъер бутIруз Кремлялде кагътал хъваниги, дора ругез гьел хитIабал къабул гьарулаан республикаялда жанир унел гIарцул ва политикияб асаралда сверухъ бакIалъул къокъабазул кьеркьей гIадин. В. Васильевас пуланав чиновник нахъе витIизе кколин ишара гьабуни гIолеб буго Москваялъе хIукму къотIизе. Официалияб къагIидаялъ казначей тахбакIидаса махIрум гьабураб хIукму бугищали лъазе кIоларо, амма В. Васильевас сессиялда лъазабуна гьес гIарза кьун бугилан.

 

 

Гьединаб ккана ахир Дагъистаналъул цIияб тарихалда бищунго щулаго ва халатбахъун тахбакI ккуразул цоявлъун рикIкIунев вукIарав республикаялъул хъазначи СайгидхIусен МухIамадовасул. Гьеб ккола республикаялъул бетIерас республикаялъул тIалъи т1убанго жиндирго кверщалида гъоркье босиялъул гIаламат. ЛъикIищ гьеб квешищ Дагъистанаялъеяли бихьизабила заманалъ ва ишаз.

 

 

«Къалеб буго пардав «хъазнида» нахъа, хъизамал кьаллъараб театралъул…» абурал шаг1ирасул раг1аби хъвалсараб магIнаялда гурел, битIахъе рачIунел руго жакъасел жамгIиял ва сиясиял харбазда хадуб халккураб мехалда.

 

 

Хабар лъикIаб рагIаги.