Новость на родном

ЛЪИКIАЛ ИШАЗУЛ ХИНАБ ГЬОГЬЕН

  Гьале лъагIел данде щвана Гъуниб районалъул бетIерлъун СалтIа росулъа МудунхIажи Къадиров вачIаралдаса. Гьеб къокъабго заманалда жаниб районалда гьабураб ва гьабулеб бугеб хIалтIул цо-цо рахъазул хIакъалъулъ бицунеб буго мухбир МухIамад Къебедовасул гъоркьехун кьолеб бугеб макъалаялда.     Абизе бегьула гьеб заманалда жаниб щибха хисарабилан. Гьеб суалалъул бициналде, абизе ккола МудунхIажи районалъул бетIерлъуде вачIанин цIакъ захIматаб...

Новость на родном

БукIинеселъул пикрабазда

МахIачхъалаялда, ГIурус театралда тIобитIана Халкъазда гьоркьосеб театралияб форум. Гьенир гIахьаллъана республикаялъул театразул хIалтIухъаби, театралиял вузазул студентал, Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса гьалбал.   Тадбир рагьана ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ. Гьелъ бицана республикаялъул театразул творчествияб гIумруялъул ва гьеб цебетIезабиялъе гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ. ГьабсагIаталда Дагъистаналда буго 12 профессионалияб театр ва 30-ялдаса цIикIкIун халкъияб театр. Гьединго гьелъ бицана...

Новость на родном

КIочонарел цIарал

ИмахIажи Такъиев гьавуралдаса — 90 сон   Гьавуна ИмахIажи Такъиев 1929 соналъул 27 ноябралда ГIахьвахъ районалъул КIаратIа росулъ. Гьес лъугIизабуна Москваялъул А. В. Луначарскиясул цIаралда бугеб театралияб институт 1955 соналда хIалтIизе лъугьана МагIарул театралде.   Гьес хIана анцI-анцI ролал. Гьезда гьоркьор руго, масала, М.Ю. Лермонтовасул «Бэлаялдаса» Максим Максимыч, Расул ХIамзатовасул «МагIарулалда» ГIусман, Шекспирил «Оттелоялдаги» вихьана...

Новость на родном

МагIарухъе – музыкалияб сапаргун

  «КочIолаб ЧIарада» бихьиназул хоралъул хIакъалъулъ лъаларевги, гьелъ асир гьаричIел магIарулалги ратиларо, хасго мугIрузул районазда.   Рорхатал мугIрузул ЧIарада районалда бижараб унго-унгояб магIарул кочIол гъасда чанги данделъана магIарулал. Хоралъул щибаб кечIалъ нилъее бицуна мугIрузул борхалъиялъулги, магIарулазул тIадегIанлъиялъулги, миллаталъул цIар цIвабзазда аскIоб хъварал бахIарчиял васал-ясазулги къиса. ГьабсагIаталдаги гьеб кечI гъугъала рокьул дандерижилъун гIагарал мугIрузда. Гьелъухъ гIенеккаразул...

Новость на родном

ТIехь бачIин байрамалде сверана

    Араб анкьил рузман къоялъ республикаялъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда ГIахьвахъ районалъул КIаратIа росдал хIакъалъулъ хъвараб «Карата. Из прошлого в будущее» абураб тIехь къватIибе бачIиналда бан рохалилаб данделъи тIобитIана.   Гьелда гIахьаллъи гьабуна бетIералда ГIахьвахъ районалъул нухмалъулев МухIамадзагьид Муслимовгун администрациялъул хIалтIухъабаз, гIадатиял гIадамаз, тарихалъул гIалимзабаз ва цогидалги гьалбадерица. 750 гьумер бугеб, некIсияб...

Новость на родном

ГьоцIалъ: токги дагь буго, нухалги гIайналмалъун руго

БитIун газета къватIибе биччазе хIадурлъулелъул, редакциялде кIалъан вачIана ГьоцIалъа Абулмуслим Шамилов.   ГIезегIан мехалъ ГьоцIалъ художественный комбинаталда жавабиял хъулухъаздаги хIалтIарав, гьанже хIалхьиялдаги вугев чи ккола гьев. Минаялда цебе лъикIаб ахги найил тIулбиги руго гьесул. Нилъеца гьелъул хIакъалъулъ цогидаб нухалда гIатIидго бицина.     ГЭС буго, канлъи гьечIо     Гьанже гьев редакциялде кIалъаялъе гIиллалъун ккараб...

Новость на родном

Хасавюрталда: цоял рохула хиса-басияздаса, цогидаз хIаракат бахъула гьел рихьунгутIизе

«Хасавюрт» шагьаралъул бетIер Зайнудин Охъмазовасулгун гара-чIвари.   — Шагьаралъул бетIерасул хъулухъалде вачIиналде дур букIана комсомолалъул, партиялъул идарабазда хIалтIиялъул, Афгъанистаналда хъулухъ гьабиялъул кIудияб гIумруялъул хIалбихьи. Гьеб букIанадай цIияб хъулухъалде вищиялъе гIиллалъун?     -Лъаларо. БукIун батизеги бегьула. Дир кандидатура,цогидазда цадахъго,бихьизабуна Сайгидпаша ГIумахановас ва шагьаралъул Собраниялъул депутатаз гьелъул рахъ ккуна.     — Хасавюрталъулаз разиго къабул гьарулел...

Новость на родном

Шамилхъалаялда дандчIваял

Гьаб анкьил итни къоялъ Шамилхъалаялде рачIун рукIана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул ишал тIуралев ГIумахан ГIумаханов, гьесул заместитель Пайзула Пайзулаев. Гьел дандчIвана Унсоколо районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовгун.     МагIарул мацIалда, миллияб тарихалда хурхун, гьеб цIунизе ккеялда – газеталда гьелъул рахъалъ гьабизе бугеб хIалтIул рахъалъ пайдаяб гара-чIвари ккана гьениб. ГIиса НурмухIамадовас тIадчIей гьабуна росабазул гIумруялъул, гIадатиял...

Новость на родном

МагIарулав – генералияв консул

  Араб анкьалда «ХIакъикъат» газеталде гьоболлъухъ вач1ун вукIана СагIудиязул ГIарабиялъул Къираллъиялъул Жидда шагьаралда бугеб Рфялъул консульствоялъул генералияв консул Багьавудин ГIалиев.     Исана тIоцебесеб октябралда РФялъул президент В. В. Путинил указалдалъун, гьесие кьуна чрезвычайнияв ва тIубараб ихтияразул посоласул ранг. Ведомствалъулаб гьеб чин ккола генерал-лейтенантасул чиналда бащадаб.     Багьавудин ГIалиев ккола ЦIумада районалъул Акнада росулъа....

Новость на родном

Дир гIумруялъулъ «ХIакъикъат»

  Бищун дагьаб 70 соналъ цIалулеб буго дица магIарул газета. Гьелъулгун гьудуллъи букIинчIебани цIакъ мукъсанаб букIинаан дир гIумруялъул магIна, дагьаб букIинаан гIакълу-лъай, букIинароан гIемерав чиясулгун пайдаяб хурхен, гара-чIвари.   Дун гьитIинаб мехалдасаго, магIарул газеталдеги къулун, гьеб цIалулев ватана дида эменги. Гьес газета цIалулаго цо-цо макъалаялдаса жиндирго разилъиги лъазабулаан, хъвалелъул ритIухълъиялъе ва мацIалъул пасихIлъиялъе къиматги кьолаан....