МугъчIвай гьабула халкъалда

МухIамад КIудиямухIамадов ккола Гъуниб районалъул КIуяда росулъа. Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъул физкультурияб факультетги лъугIизабун, чанго соналъ хIалтIана Гъизляр районалъул Цветковка росдал школалда учительлъун. Нухмалъи гьабуна Гъизляр шагьаралъул автовокзалалъе. Гьесул бажари-гьунар бихьидал, КIудиямухIамадов тIамуна МахIачхъалаялъул Северияб автовокзалалъул нухмалъулевлъун.

 

МухIамад ккола ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатги, ДРялъул транспорталъул мус-тахIикъав ва РФялъул транспорталъул хIурматияв хIалтIухъанги. Гьал къоязда ниж дандчIвана МухIамадгун ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари.
— МухIамад, Халкъияб Собраниялъул депутатлъун иналъе щиб гIилла букIараб?
— Гъизляр районалъул депутатазул собраниялъул лъабго ахIиялъул депутатлъунги вищун вукIана дун. Гъуниб районалдаса Халкъияб Собраниялъул депутатлъун вищизе кандидатура лъезеги ракIалда букIинчIо. Доб заманалда районалъе нухмалъи гьабулев вукIарав Пахрудин МухIамадовасул гьариялда рекъон, халкъалъги вищун вачIана гьенивеги.
— Халкъияб Собраниялъул депутатасда церечIарал аслиял масъалаби кинал ругел?
— Аслияб масъала ккола халкъа-лъул мурадал тIурай. Депутат хIаким гуро. Амма нижеда кIола нухмалъиялда вугев хIаким халкъалъул мурадал тIуразаризе тIамизе. Щивав бусурбанчияс хIаракатги бахъизе ккола лъикIлъи гьабизе, мунпагIатавлъун вукIине. Депутатлъун гьечIеб заманалдаги кумек гьарун вачIарав чи дица киданиги нахъчIвачIо, яхI бахъулаан бажарараб гьабизе.
— Гъуниб район кидаго букIана республикаялда бищун церетIурал районазул цояб. ГьабсагIаталда щиб хIал бугеб?
— Ахирал соназдаги, цо-цо рахъал хIисабалде росани, мугIрузул районазда гьоркьоб цебесеб кьерда буго гьеб. Пахрудин МухIамадовасги АхIмад МухIамадовасги гIезе-гIан хIалтIи гьабуна район цебетIезабиялъул мурадалда. Гьаб-сагIаталда гьелъие нухмалъи гьабулеб буго МудунхIажи Къадировас. Гьев районалъул бетIерлъун вачIаралдаса гIемер заман инчIони-ги бихьулеб буго гьесги хIалтIи гьабулеб букIин. Мисалалъе, нижеца, районалъул нухмалъулелгун цадахъ, къачIана Гъуниб росдал централияб майдан, гьенибего бачана лъим, цо-цо школазе, больницабазе кьуна цIиял машинаби, къачIана ва къачIалел руго нухал, рагьана ясли-ахал ва гь.ц.. Нухазул бицунаго, баркала загьир гьабизе бокьун буго Иркутскиялда гIумру гьабун вугев КIуяда росулъа МухIамадкамил Къурбайловасе. Гьес жиндирго гIагараб КIуяда росулъе 14 километралъул манзилалда нухал, хъилги тIун, къачIана. Гьединал рукIине ккола унго-унгояб къагIидаялда жиндирго росуги жамагIатги бокьулел чагIи. Гьес байбихьараб иш нижецаги гьоркьоб къотIизе течIо. КIуяда росдал жамагIаталъ, гIарацги данде рехун, хъил тIуна цо-цо кулабахъе ругел нухаздеги. Гъуниб районалъул гъутабазда бегIерго цебечIун буго лъел суал. Гьал къоязда ДРя-лъул хIукуматалъул вице-премьерасулгун букIараб дандчIваялдаги борхана дица гьеб суал, ва гьес рагIи кьуна ЦIияб Бухтиб росулъе артезианалъул лъим бачине 15 миллион гъурущ биччазе.
Районалда тIоритIулел спортивиял, диниял, культуриял тадбиразеги квербакъи гьабичIого толаро. ГIемер чагIи рачIуна кумек тIалаб гьабун, телефоналдасан кIалъала. ГIемерисезе хIажат букIуна гIарац. Чиясул мурадалъухъ балагьун, хIаракат бахъула гьев рази гьавизе. Лъидехунго тIаса-масагояб бербалагьи букIунаро. Аллагьасе гIоло гьабула кинабго.
— ГьабсагIаталда церечIарал масъалаби кинал ругел?
— ГIадамазул тIалабалги хIисабалде росун, яхI бахъизе ккола Гъуниб район республикаялда хIалтIулел батIи-батIиял программаби-проектазда гъорлъе бачине. Пачалихъалде гIайиб гIунтIизабизе бакI гьечIо, бокьараб рахъалъ кумек гьабулеб буго. Гьедин бугеб заманалда, районалъул нухмалъиялъгун цадахъ, дицаги хIаракат бахъизе буго.
— Тахшагьаралъул Севериб автовокзалалдаса аслияб къагIидаялда маршруткаби хьвадула мугIрузул районазде. КъватIире рахъиналде транспорталъул техникияб ахIвал-хIалалде балагьулищ? Басриял машинаби хIалтIизе риччалищ?
— Гьелде кутакаб кIвар кьола. Механикас хал-шал гьабичIого, гьесул изну гьечIого цогIаги машина автостанциялдаса къватIибе бахъунаро. ХIинкъи гьечIеб транспортго гIадин пассажиразе чIезаризе ккола шартIалги. Гьединлъидал автопаркалде машинаби росула цIияб тайпаялъул. Гьединго кIвар кьола шофераздеги. Гьел рукIине ккола хIалбихьи бугел ва психикияб ра-хъалъ жагъаллъи гьечIел.
— Багьаби кин чIезарулел?
— РекIадухъ багьаби чIезарула ДРялъул экономикаялъулгун территориалияб цебетIеялъул министерствоялъ. Гьелъулгун бугеб къотIи-къаялда рекъон, нижер ихтияр букIунаро 10 проценталъ гурого гьел хисизаризе.
— Чан маршрутка, автобус бугеб автовокзалалда хIалтIулеб?
— 250-300-гIанасеб маршрутка буго республикаялъул районаздегун росабалъе хьвадулеб. 30 автоубус уна Дагъистан тун къватIибе. Гьел хьвадула Северияб Кавказалъул регионазде, Сочиялде, хIатта Крымалдегицин, ай нижер хIалтIул логистика гIатIидаб буго.
— Мун ккола эркенаб гугария-лъул рахъалъ спорталъул мастер. Спорталъулгун щиб гьоркьоблъи бугеб?
— ЦIар рагIарав спортсмен дир вахъинчIониги, дица спорталъулгун гьоркьоблъи къотIизе кидаго течIо. Радакь вахъун паркалде векеризе уна, хIалтIудаса щун хадуб залалде хьвадула, регби хIала, гугарула. Спорталде дир бугеб рокьи бихьун, вас Шамилицаги тIасабищана гьебго нух.
— 2020 соналда рукIине ругел Олимпиялъул хIаязда гIахьаллъизе вугищ Шамил?
— 2020 соналда Токиоялда тIоритIизе ругел Олимпиялъул хIаязда 86 кг цIайиялда чемпионлъун вахъине рес букIана Шамилил. Щайгурелъул гьеб цIайиялда гьабсагIаталда абизегIанасел къуватал спортсменал гьечIо. Амма бохалъе гIузру ккеялъ кIолеб гьечIо гьесда бугеб гьунаралда рекъон къеркьезе. Бох тIубанго сахлъани, дица гьесие ургуялде тIадвуссине квалквал гьабиларо, гIузругун гугаризеги виччазе гьечIо.
Жиндир заманалда Шамил ва-хъана Европаялъул, Россиялъул чемпионлъун, бергьана Иван Ярыгинил турниралда, чIел босана Универсиадаялда. Дир пикруялда, гьеб гIунги тIокIаб бергьенлъиги буго.