Школаздаги тIадегIанал цIалул идарабаздаги лъимал цIалулел гьечIин, гIемерисеб мехалда гьел телефоназде тIаде къулун рукIунин гIарз букIуна учительзабазулгун преподавательзабазул. Цо-цо гIолилазулгун гара-чIвари гьабидалги бихьулеб буго гьезие хIажатаб жо диплом щвей букIин. Амма, талихIалъ, гьединал гIолилал гIемер гьечIо. ЦIикIкIарасеб къадаралъул мурад буго лъай боси ва гьелда рекъараб махщел щвей. Масала, гьединазда гьоркьов рехсезе бегьула Хьаргаби районалъул Хъвартихьуни росулъа МухIамадов Мусакъади. Гьев цIалулев вуго ДГУялъул экологиялъул институталда. Мусакъадил ниятги буго, багIараб дипломалда институтги лъугIизабун, гIелмуялде тIаделъизе.
— ЦIалиялъул кьибил — кьогIаб, пихъ — гьуинаб букIунин хъван буго Аристотелица. Гьединлъидал дунги цIалула жавабчилъиги бичIчIун. Къойилаб низамги дир цIакъ хIалуцараб буго. Масала, радал сагIат микьгоялдаса кIиго тIубазегIан институталда вукIуна. Цинги, къаси кIиго тIубазегIан кафеялдаги хIалтIула. Дир кьижулеб заман буго ункъо сагIат. Дирго гIумруялъул хIалбихьиялдаса пайдаги босун, гIолилазда, хасго студентазда абила: «Эбел-эменги росу-ракьги тун, цIализе рачIарал нилъер, лъабил къиматазда цIали ккола нилъго нилъецаго махсараде кквей. Щивасда тIадаб буго гIолохъанго букIинеселда тIад ургъизе ва гIумруялъе хIажалъизе бегьулеб гьунар-махщалие ругьунлъизе», — ян.
Мусакъадил эмен МухIамад ккола шофер, эбел Музират – медсестра. Амма эбел-инсул кумекалде ккечIого тIувазе бокьиялъ гьев кафеялда официантлъунги хIалтIулев вуго.
ДГУялде лъугьиналде цебе Мусакъадица лъикIал къиматазда лъугIизабуна ДГПУялда цебе бугеб юридикияб колледжги. Гьесие бокьун букIана ДГУялъул юридикияб факультеталде лъугьине, къисматалъ вачана экологиялъул институталде. Гьелдаго цадахъ Мусакъади заочно цIалулев вуго ДГУялъул юридикияб факультеталъул «таможенное дело» отделениялдаги.
ДГУялъул экологиялъул институталъул методист Муслимат Абакаровалъ бицана: «Бищун лъикIал студентазда гьоркьоб цIар рехсола Мусакъадилги. Гьев вуго сабураб гIамал-хасияталъул, гIатIидаб ракIалъул, ай кинабго рахъ камилав гIолохъанчи. Гьес гъираялда кумек гьабула цадахъ цIалулезеги», — ян.
— Дун талихIав чилъун рикIкIуна дицаго. Эбел-эменги преподавательзабиги дир цIалудаса рази руго. Гьеб кколарищ талихI? Квеш ккараб жо буго самбоялъул, гугариялъул яги грэпплингалъул рахъалъ тренировкабазде хьвадизе дие заман гIоларого букIин», — ан бицана М. МухIамадовас.