Коронавирусалъул кьогIаб ирс. Бихха-хочараб гIаламалде тIалъиялъул ва рухIиял церехъабазул хитIабал. Пикраби, суалал ва масъалаби. Щиб цIияб хабарги босундай жакъа газета бачIинаян ратила цIалдолел. ЦIияб хабар абуни гьобо кинигин сверулеб буго цого гIузруялда сверухъ. Гьебги нужеда бичIчIун батила щибали. Коронавирус буго «паччахI» гIадин дунял тирулеб. Гьелъ гьабизеги, гIадамаз хIехьезеги жо лъугIанин абизе бегьила. ГIажалалъукьагIанги гIалам...

