РагIи хисичIого, бачIараб хIалалъ

«ХIакъикъат» казияталъул бетIерав редактор ГIумаханов ГIумаханихъе

 

Исана анлъабилеб марталда къватIибе бачIараб «ХIакъикъаталда» бахъун буго «КIОДОЛ КВЕРАЛ» абураб дир кечI. Квербакъарав мун ватилин ккола. Гьениб «Бархатные ручки» крем бихьичIел» абун хъвараб мухъ «Кверазда бахунеб кремго бихьичIел» абун хисун хъван буго. КечI «Гьудуллъи» журналалдаги бахъун букIана. Гьеб цIалана Хъвадарухъабазул союзалда ругел шагIирзабаз, хиса-баси гьабизе кколин абулев чи ккечIо, рекIее гIуна. Дица, кагътил бакьулъ лъураб ункъо мухъ хъвазе, ункъого кагътидаса хъвагIала мухъал. Гьениб гьижа гIезе хисун батани, цIихъвараб мухъ дагьабги дандекколареб буго: хIажат гьечIо «глубокомысленная риторика». Дун кочIол гIуцIиги, кочIол мацIги, кочIол роценги лъаларев чи гуро, щай абуни, цогидаз хъварабги цIалулаго, лъабкъого соналъ хъвалеб буго. Жакъа лъицаялиго кочIол чвахиги магIнаги мукъсан гьабиялда дун рази гьечIо. Лъиеялиго рекIее гIечIел «Бархатные ручки» рагIабиги кочIолъ ре­къон руго. Дун лъугьинаро адабияталъул терминазул кумекалдалъун баян кьезеги. 
Гъоркьиса букIанин ккола, «ХIакъикъаталда» бахъун бачIана «РакIазул кьаби» тIохьодаса босараб дир кечI. Гьенир руго:
РекIей хIалхьи гьечIел 
гьудулзабазул,
Гьунараца гьабун 
буго дирги сси.
абурал мухъал. Казияталда «сси» «ссий» абун хъван бачIана. 
 
ТIехьалъе редакторлъи гьабуна болмацIалъул балъголъаби­ги лъалев, кочIолъ гьелъул чва­хиги машгьур гьабурав Дагъис­таналъул халкъияв шагIир ГIабасил Ма­хIамадица. Гьес гIаммаб тIохьода бугеб дир нусиялда кIикъого мухъалъул гIицIго кIиго рагIи хисизе тIамуна дун. 
Гьеб гуро колхозалъул хIисаб­кьеялъулгин рищиязул хIакъалъулъ хъвараб макъала, гьеб буго кечI. Макъала къачIазе бегьила, амма дица кечI чияца къачIазе хъваларо.
КIирекъарал хIарпазул битIун­хъвайги лъалеб батила дида, университеталъги малъидал, казияталдаги хIалтIидал, чамалиго соналъ гIурус ва авар мацIазул мугIалимлъунги вукIиндал, лъалареб цIехезеги кIолелъул ва лъалебги бицунелъул. Лъиеялиго бокьун батани дун лъавукъавлъун вихьизавизе, ЦIадаса ХIамзатица абухъего, «… букIинаро никогда».
 
Доб «ссий» гIемерисел хъвадарухъабаз «сси» абун хъвала. Гьеб гъалатI кколаро, кочIолъ рекъонги ккола.
ЦIоралъул кагьруман, 
катибасул свад,
Росасе анагIан 
сси щвана чорхой.
Гьединал мисалал гIезегIан руго. 
 
Анлъабилеб классалдаго хъвадарана дун «БагIараб байрахъ» ва цогидал казиятазде. Хъвараб киданиги нахъчIвачIо. Дагьалъ цере дандчIвайдал, дуца дида абуна хъвадарейилан. Ункъабилеб сон буго «ХIакъикъат» казияталде хъвадаричIелдаса. ГIилла? Хъвараб билулаан. Щибаб нухалда гьоркьове М. МахIатIов лъугьинавулаан, хъвараб кIиабизеги битIизе кколаан. Гьаб кагъатги тIагIинчIониха…
Дун гIарцуе гIологи хъвадаричIо. Хъвараб щуябго тIехьалъул тIолабго тираж школазеги гьалмагълъиялъеги бикьана. Исана къватIибе бачIине ккола кIиго тIехь — гIурус ва авар мацIазда. Гьезул цоялда лъезе буго лъиеялиго рекIее гIечIел «Бархатные ручки крем бихьичIел» рагIабигун кечIги.
 
Архивалда батила, цIале «Иццул кIалтIа кIусараб аздагьо хъаме» абун ГI. Камаловасухъе хъвараб  рагьараб кагъатги.
ГIумахан, бокьилаан гъалатI битIизабизе.