11 маялда Владимир Путиница цIияб хитIаб гьабуна халкъалде. Гьесул кIалъаялдаса аслияб хIасиллъун босизе бегьула хIалтIуларел къоязул болжал лъугIанин улкаялдаян президентас аби. Амма эпидемиялде данде гьабулеб къеркьей лъугIун гьечIин тIадеги жубана гьес. Регионалъул нухмалъулезухъе жидехъего кьолеб бугин ихтияр, бакIалда бугеб ахIвал-хIалалдеги балагьун рокъор чIеялъул низам халат бахъинабизеянги лъазабуна.
Нахъисеб къоялъ, ай 12 маялда Владимир Васильевас лъазабуна республикаялда карантиналъул низам халат бахъинабулеб бугилан. Амма кидаялде щвезегIан гьеб халат бахъине бугебали мухIкан гьабичIо. Гьелъул магIна ккола гьеб гIузру къезабун кида бажаризе бугебали жеги лъалеб гьечIин абураб. БитIарабги буго. Гьеб лъалев чи цохIо тIад вугев БетIергьан вуго. Амма Васильевас абуна гIадамал рокъор чIеялъ лъикIал хIасилал кьунилан. АхIвал-хIал цIакъго хIалуцун гьечIин абураб магIна бичIчIана гьесул харбидасанги. Гьелдаго цадахъ унтаразул къадарги цIикIкIунеб бугин абуна республикаялъул бетIерас.
14 маялде ругел баяназда рекъон, коронавирусалъ унтаразул къадар нилъер республикаялда бахун буго 3095 чиясде. Сахлъун вуго 1050 чи, къадаралде щун вуго 26-яв.
ГIузруялъ кIал бачIеб цониги районги гьечIин абизе бегьула. ГIицIго МухIарамкент районалде щун гьечIин гьеб гIузруйилан хъвалеб буго информациялъул алатаз.
Нижеца газеталъул цересел номеразда хъван букIана унтаразул рахъалъ нилъер республика, улкаялъул регионазда гьоркьоб щуабилеб бакIалда бугилан. Жакъа къоялдеги гьеб сияхI абизегIанасеб къадаралъ хисун гьечIо. Коронавирусалда хурхун, Дагъистаналда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъ рахIат хвезабун бугин жидерилан мукIурлъана республикаялде сапар гьабурал Россиялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул хIалтIухъабиги.
14 маялда республикааялде вачIана РФялъул сахлъи цIуниялъул министрасул заместитель Олег Гриднев. Гьадин квешаб хIал Дагъистаналда букIиналъе гIайибияллъун гьес рехсана, рокъор чIечIого, гIадлу хвезабурал гIадамал. Амма гьеб гьедин букIин, гьес бицинчIониги, лъалеб букIана нилъедаги.
Херавин-бахIаравин, унтуца щивго тIаса вищулев гьечIо. Цогидал сах гьарулаго, жалго унтун къадаралде щвана къогогIанасев медицинаялъул хIалтIухъан.
Халкъ свакан буго. Свакан буго ахир бихьулареб «рукъалъул туснахъалдасаги», карантиналъул низам хвезабулел чIухIухъабаздасаги, рохел гьечIел цIиял харбаздасаги.
Киназулго рахIат хвезабураб суал буго кида республикаялда парахалъи лъугьине бугебин абураб?
Жеги цудунго буго гIодоре риччазе
Сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабаз абулеб буго карантиналъул низам нахъе бахъизе жеги цудунго бугилан.
— 15-гIанасев чи вуго жакъа нижер больницаялда вегун, — илан бицана Гумбет райбольницаялъул эпидемиолог Сулейманов Апандица. — Цо чи хвана, кIигоял сахлъун рокъоре риччанги рукIана. АхIвал-хIал жеги лъикIаб гьечIо, унтаразул къадар гIодобе кколеб гьечIо. Гьединлъидал, цIуна-къаялъул тадбирал гьаризе ккола. Иш гьадин букIинароан, гIадамаз жиндир заманалда нижеца абураб гIадахъ босун букIарабани. Гьединабго пикру буго цогидал районаздаса сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабазулги.
Цин БацIада, гьанже Гъуниб райбольницаялда хIалтIизе ккарав Гьонодаса фельдшер Абакаров МухIамадгIарипица гьадин бицана гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул.
КIалалъ бокьараб бицуна
— ГьабсагIаталда хIинкъизе ккараб хIал гьечIо, амма унтарал цIикIкIана Гъунир, больницаялда регаразул къадарги дагьаб гьечIо. Районалъул киналго росабалъе гIузру щун буго. Амма гьаниб дагьаб баян гьабизе ккола, тIатинабураб коронавирус бугилан тасдикъ гьавурав унтарав жакъа Гъунив гьечIо, унтун руго цогидаб гIузруялъ. Гьебги ккола вирусалъулаб пневмония. Гьеб кIиялдаго гьоркьоб батIалъи букIин лъазе ккола.
Хас гьабун веццулев вугин ракIалде ккезеги бегьула цо-цоязда, амма бокьун буго абизе, дагьаб цебе райбольницаялъул бетIерав тохтурлъун цIияв чи вачIин цIакъ лъикI кканилан. Гьес гIемераб хIалтIи гьабуна ва гьабулебги буго гьеб гIузруялде данде. Гьесул хIаракаталдалъун больницаялъе хIажатаб къайи-цIаги, дару-сабабги чIезабун буго гIураб къадаралда. Хьул буго сахлъаралги гIемерлъун, больницаялъул палатаби чIороголъилин абураб.
Дир квешго ццим бахъун буго жакъа, авалалдаго гьеб унтуда божизеги инкар гьабун, гIузру тIибитIиялъе квербакъарал чагIазда. Гьезул тасамахIлъи сабаблъун, чан нухалъ рокъор чIайилан гьараниги, гIинтIамичIо гьез. Росу тун къватIире ана, гIадамалгун дандчIвана ва хIасилалда гIага- божарал унтизаруна. ЧIанда бугин гьеб, жидеда унтарав вихьизавейин гаргадулел рукIарал «диваналъул экспертаз» бачана гьалде халкъ».
Гьединго, кIалбиччанкъоялда хурхунги, республикаялъул Динияб идараялъ лъазабуна, унти гIодобцун гьечIелъул, гIидалъул къоялъ цоцада тIаде-гъоркье инчIого чIайиланги.