Байрамалда — байрам, хIалтIуда — хIалтIи

Инсанасул гIумруялъе коммуналиял шартIазул (газ, ток, хинаб ва цIорораб лъим ва гь. ц.) бугеб кIваралъул бицинего ккеларо. Гъварид­го жанире раккани, гьеб ккола кIудияб ва гIатIидаб суал. Гьеб суалал­да хурхун нижеца гарачIвари гьабуна ДРялъул «Госжилинспекция» гIуцIиялъул отделалъул начальник МухIамад МахIмудовасулгун.

 

 

-МухIамад, Ралел бакIазул министерствоялъ ва нужер ин­спекциялъ тIуралел хъулухъазда гьоркьоб кIудияб батIалъи бу­гищ?

— Ралел бакIазул министерство­ялъул аслияб хъулухъ ккола мина- карт баялда хурхараб политика республикаялда билълъанхъизаби. Мисалалъе, нилъер гьанир руго бацIцIадаб лъим чIезабиялъул, нухал гьариялъул, школалгун яс­ли-ахал раялъул, гIумру гьабизе санагIатал шартIал чIезариялъул ва гь. ц. хасал программаби. Ми­нистерствоялъ ралагьула гьел тIураялъе подрядчикал, бичча­ла гьелъие гIарац, хал гьабула хIалтIи унеб бугеб куцалъул. Буго хIалтIул цойги рахъ. ГIумру гьа­биялъе хIажатал коммуналиял шартIазул (лъим, ток, газ, хинлъи), хIакъаб жо, рукIине ккола гьел хIалтIизариялъул нормативал. Гьел чIезарула министерствоялъ, гьезул расценкаби, тарифал чIезариялъе буго хасаб хъулухъ (Тарифазу­лаб хъулухъ). Министерствоялде гьоркьобе унеб «Архстройнадзор» гIуцIиялъ хал гьабула киналго гIемертIалаял минаби раялъул.

Нижер буго халгьабиялъул, халкквеялъул хIалтIи, ай нижер хIисабалда рукIуна коммуналиял шартIал тIадаб даражаялда чIезари ва гIемертIалаял минабазул гIаммаб буголъи (подвал, тIох, фасад ва гь.ц.) букIине кколеб хIалалда цIуни. Цойги. Щибаб лъагIелалъ, июль моцIалда хира гьабула коммунали­ял шартIазул багьа. Буго жиб-жиб регионалъе бихьизабураб гьелъул бищун тIадегIанаб индекс, исана нилъер гьаниб гьеб букIана 5.2 про­цент. Гьелдаса тIаде ине бегьуларо багьаби, гьелъул халгьабиги кко­ла нижер хIалтIи. Жакъа къоялда Дагъистаналда буго бан лъугIараб, гIадамаз жаниб гIумру гьабулеб, амма законалъул тIалабазда рекъон жеги къабул гьабичIеб 400-гIанасеб гIемертIалаяб мина. Мина хIалтIизе биччаялъул акт къабул гьабун ха­дуб гурони гьединал минаби нижер тIалабалда гъоркье кколаро.

 

 

-Нужехъе рачIунел гIарзазул хаслъи лъагIалил сезоналда ба­раб букIунищ?

— Риидал аслиял масъала­би рукIуна цIорораб лъим гьечIолъиялда, гьелъул къуват гIунгутIиялда ва халатккун ток гьечIого хутIиялда хурхарал. Хасало, ми­наялда хинлъиги жеги кьечIеб заманалда гIадамаз байбихьула токалъул алатал хIалтIизаризе ва гьелда бан гIемерлъула ток гьечIого хутIиялъул хIужаби. Гьеб­го заманалда, ралел цIадазул ва биунеб гIаздал хIасилалда тIохаз биччала лъим, минабазул ахи­рал тIалаязда цIикIкIуна гIеккей (гьебго букIуна ихдалги). Кьиндал гIемерисел суалал рукIуна хинлъи­ялда (отопление) сверухъ. Законал­да рекъон рокъоб жаниб 18 гра­дусалдаса дагьаб хинлъи букIине бегьуларо. Дир пикруялда, гьеб битIараб гьечIо, парахатаб рукIа- рахъиналъе 22-24 градусалдаса гIодобегIан хинлъи букIине бегьу­ларо. Гьелда сверухъги камуларо цо-цо дандеккунгутIаби.

 

 

-Ахираб заманалда цIакъго гIемер бицуна шагьаразул (хасго тахшагьаралъул) тIурарал рай­онал ток гьечIого хутIиялъул, гьекъолеб лъим цIакъго чорок­лъиялъул.

— Токалъул гьел масъалаби нилъер гьанир руго церегоялдаса нахъе, гьезда хурхун хъвачIел кагъталги, гьаричIел акталги, гIуцIичIел коммиссиялги хутIун ратиларо, амма хIасил кинго кколеб гьечIо. Гьелъие буго гьадинаб гIилла. Токалъул щи­баб трансформаторалъул буго жи­дерго къуват, гьелда рекъон кьезе (баччизе) кIолеб токалъул къадар­ги. ГIемерисел трансформаторал руго заман арал (гьел хиси ялъу­ни цIиял лъей энергетиказда тIаде кколаро, гьеб буго бакIалъулал администрациязул хIалтIи), амма гьезда сверухъ ва аскIор ралелго ралел руго гIемертIалаял мина­би. Гьединаб хIал бугебгIан за­маналда токалъул рахъалъ ни­зам букIине рес кинго гьечIо. Лъим цебехунги чороклъичIого букIунароан, амма халатккун рарал цIадазул хIасилалда гьеб суал гьал моцIазда цIакъго хIалуцана. Лъел мухIканаб, чIванкъотIараб чороклъи-бацIцIалъи чIезабула Роспотребнадзоралъ, гьелъул хIукмуялда мугъчIвайги гьабун гурони нижеда кIоларо лъел хъулухъаздаса щиб­ниги тIалаб гьабизе. Чорокаб лъехъ гIарац кьезе кколаро, амма гьелъие кьучIлъун рукIине ккола санитари­ял хъулухъазул хIукму ва нижер идараялъул тIалаб. Исана бищун чорокаб лъим букIана Каспийск ва Избербаш шагьаразда, гьединлъи­дал, гьел шагьаразда 17 ноябралда­са 23 декабралде щвезегIан бугеб болжалалда гIадамазухъа лъехъ босараб гIарцул гьабизе буго пере­расчет.

 

-Киналго конторабиги хIалхьиялда ругел январалъул гIодоркъоязда ккани коммунали­ял хъулухъазда, гьез чIезарулел шартIазда хурхарал квекIенал, щиб гьабизе кколеб гIадатияв чияс?

— Киналго контораби гIодор рукIаниги, дуца рехсарал суалал тIуралел хъулухъаз тIубала тIадаб хIалтIи. Гьел киналго гIуцIиязул руго байрамкъоял — гIодоркъоял ратIа рахъичIого хIалтIулел авари­язулгун диспетчерлъиялъул хъу­лухъал. Гьезда хадуб халкквей гьа­була нижецаги. Щибаб шагьаралъул администрациялъулги руго гьеди­нал хъулухъал. Нижер гьанибги чIезабун буго сордо-къоялъул де­журство, гьанир рукIуна нижер ин­спекторал, буго кидаго хIалтIулеб, кIалъай-гIарза хъвалеб телефон (63-09-37). Нагагьлъун гьел къояз­да (батIалъи гьечIо цогидал къояз­даги) ккани кинаб бугониги лъугьа — бахъин (авария ва гь.ц.), кIалъазе бегьула гьел шартIал чIезарулел гIуцIабазде (горгаз, водоканал ва гь.ц.), гьениб хIасил ккечIони, ша­гьаралъул номералде ва гьелда ца­дахъго нижехъеги. Жаваб кьечIого гьединаб гIарз нижеца толаро.