ЧIохъа Манижалазул Мусаясул Халилбег ватIан тун къватIиве аралдаса исана нусго сон тIубала.
Тахо—Годил цIаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъ гьал къоязда рагьана художникасул квералъ рахъарал ва фотоаппараталъ гьесул жиндирго рахъарал суратазул выставка. Халатккун гьенир цIунизелъун музеялде гьел кьуна Халилбегил ирсалъул тIалаб гьабулеб фондалъул директор Хадижат Мусаевалъ.
Художникасул вацасул васал ГIумаргун МухIамад сабаблъун республикаялъул Миллияб музеялда Халилбегил суратазул тIоцебесеб выставка бихьизабуна 1999 соналда.
Гьел кIиязухъего Халилбегил лъади, баронесса Мелани фон Нагель-Мусаевалъ гьебго соналъ кьун рачIарал суратал кколаан гьел.
1992 соналда СШАялда Меланихъ гьоболлъухъ рукIарал Расул ХIамзатовасгун гьесул лъади ПатIиматицаги рачIун руго Халилбегил суратал.
Доб мехалда изобразительныял искусствабазул музеялъул директорлъун йикIарай ПатIиматица музеялда лъун букIана 1970 соназда Америкаялдаса бачIараб Халилбегил щуго суратги.
Хадурго Грузиялдасаги сайгъат гьарун рачIун руго гьенире Германиялде иналдего Халилбегица рахъун рукIарал цо—цо суратал.
Живго Мусаясул Халилбегил хIакъалъулъ хъвараб, доба—гьаниб басмаялда бахъараб материал дагьаб буго.
Эркенлъи хириял умумузул ракьалда тIалъи хисидал, 1921 соналда цIализе арав гьев тIокIалъ тIадвуссине хъван букIун гьечIо къисматалъ. Гьесул гIумру ана цин Германиялда, хадуб Америкаялда. Вукъунги Нью—Йоркалда вуго.
ТIоцебе Халилбегилъ суратал рахъизе махщел загьирлъиялъе сабаблъун ккун вуго Щуланиса ИсмагIил. Гьев кколаан жиндилъ карамалъи бугилангицин абулев вукIарав гIалимчиги, ганчIида накъищал рахъун, занал къачIалев кутакалда лъикIав устарги. Халилбегил инсул заниги гьес къачIан буго.
«ИсмагIилил мастерскаялде—нахъе гIемер щолаанила Халилбег. Цинги гьесул кIудиял вацал МухIамадидагун Къагьирида халлъун буго гьитIинав вацасул гьунар. Гьедин тIоцере гьез росун руго гьесие къалмалги релъеналги», —ян бицана газеталъе Хадижат Мусаевалъ.
ГьабсагIаталда Тахо—Годил цIаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялда рагьараб Халилбегил выставка 30 июналде щвезегIан халатбахъине буго.
Гьелда тIасан гьадин бицана Тахо—Годил цIаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъул директорасул заместитель Джамиля Дагировалъ «ХIакъикъат» газеталъе:
-ГьабсагIаталда Миллияб музеялда буго Халилбегица бахъараб 50 сурат. ХутIарал – Германиялда, Америкаялда ва хасал гIадамазухъ кодор руго.
Гьаб выставкаялда лъуна Мусаясул Халилбегил фондалъул бетIергьанлъиялда бугеб 93 сурат. КъотIи-къаялда рекъон, фондалъ гьел музеялде кьун руго халатккун заманалъ цIунизелъун.
Суратазухъ балагьун, кутакалда гIемерал суалалги руго рижулел, цо-цо хIужабиги руго загьирлъулел. Халилбегил биографиялъулъги цIикIкIун руго лъаларел жал. Гьединлъидал доба-гьаниса кIвараб материал бакIарун, дандекколеб буго нижеца.
Халилбегил цIаралда сверухъ лъалебги лъаларебги бицунел чагIиги дагь гьечIо. Масала, Франц Руболгун гьесул гьудуллъи букIанин абула цо-цояз. БукIинчIо. Халилбегил суратал Метрополитен-музеялда (Нью-Йорк) рихьизарунинги бицуна. ГьаричIо. Гьеб гьедин букIун батани, гьелъие хIужа бихьизабизе ккола.
Дица Халилбегил творчествоялда тIасан лекция цIализехъин бугин сайталда лъураб лъазабиялда гъоркьги тIубараб карщ гьабун батана. Масала, гьев фашистазул рахъалда вукIанилан хъвалеб бугоан цояс. ГIемер дандчIвалеб пикру буго гьеб. Амма киб бугеб гьелъие далил?
-Гитлерилгун гьудуллъи букIун бугиланги рагIана бицунеб. Мюнхеналда художествияб академиялде цIализе лъугьунелъул лъан ругила гьел цоцада.
-Гьедин хъвараб бакI киб бугеб? Цо хасал чагIаз риччарал харбал ккола гьел. Гьеб мехалда Гитлер вукIун ватула къисматалда рекIекълъарав гIолохъанчи.
Фашистазул рагъулаб ратIлил эскизалги Халилбегица рахъулел рукIун ругилан чIола цо къокъа. Немцазул модельерал рукIинч1огодай? Гьединаб кIвар бугел ишазда гъорлъе цогидал миллатазул чагIи риччалел рукIанадай гьез?
Гьединго доб заманалдаги дол шартIаздаги гIумру гьабе цин гьедин гIайиб чIвалелде цебе. ХIакъикъаталда абуни, чи бахиллъилеб гIадаб къисмат букIинчIо гьесул: советияб низамалдаса рикIкIалъарав гьев фашистазул низамалде ккана. Амма киве кканиги, магIаруллъи биличIо гьесулъа.
Ричизе сураталги рахъулел рукIун руго Халилбегица. Гьедин заказазда рекъон рахъаралги цогидалги гIезегIан суратал рухIун руго рагъул заманалда. Самолёталъ рехараб бомба гьесул минаялдаги щун, тIатIала ккун буго художникасул мастерская. Хвасар гьаризе кIварал хIалтIаби Халилбегица Америкаялде росун руго.
1970-абилел соназдаса байбихьун гьесул лъади Меланица хIалбихьун буго Халилбегил гIагарлъиялъулгун бухьен гьабизе (художник хвана 1949 соналда -ред.). Амма заман батIияб букIиндал, гьелъул хIасил ккун гьечIо. Нилъер улкаялда Халибегил цIар бахъизеги бегьулеб букIинчIелъул.
ГIицIго 1990-абилел соназда бажарана Меланихъа нилъехъе гьел ритIизе.
Гьелде рачIинегIанго нижер музеялдаги букIана Халилбегил хIалтIабазул дагьабго къадар. Гьел рукIун руго бакI-бакIалда цIунун хутIарал, Къоркъмасовас ричун росарал гьесул суратал. Октябралъул революция ккун 10 сон тIубаялде Москваялда тIобитIулеб «Искусство народов СССР» абураб выставкаялдаги лъун рукIун руго гьезул цо-цоял.
-«Красный суд в Дагестане» абураб суратги бихьана гьаниб къеда чIван. Гьединаб магIнаялъул суратал гьесул ратилин ккунго букIинчIо.
-Буго. Амма копоего бахъараб гIадаб сурат буго гьеб, гьелъулъ загьирлъулеб буго доб гIуцIиялдехун художникасул букIараб бербалагьи – дагьабго тIад велъи, цо-цо жал тенкезаризе лъугьин.
1917-1918 соназда МугIрузул республика гIуцIараб заманалда Халилбегиеги батIаго квеш букIинчIо гьаниб. Гьев хIалтIулев вукIана «Танг-Чолпан» журналалда, Мавраевасул басмаханаялда, Лансереда цадахъ гьес дарсал кьолаан реалияб училищеялда, МугIрузул улкаялъе байрахъги ургъана гьес.
Дагьалъ чIун Халилбегида бичIчIана гьанив жив хIебтIулареблъи, жиндие гьеб низам данде кколареблъи. Гьединлъидал махщел камил гьабизе, хадувккунги цIализе кколин багьанаги батун, Халилбег гьаниса ана. Амма советияб власталъ цIалухъ кьезе байбихьуда гIарацгицин битIулеб букIана гьесие.
Республикаялдаса къватIиве ине Халилбегица хIалбихьулеб букIана 1919 соналдаги. Владикавказалдасан Тифлисалдеги ун, гьенисан ЧIегIерралъдалъан Турциялде унаан доб мехалда. Шапи Казиевасул тIехьалда хъвалеб буго гьедин.
1921 соналда кIиабизеги хIалбихьула Халилбегица республика тун ине. Гьеб мехалда искусствоялъул рахъалъ гIуцIараб наркомпроссалъул отделалда хIалтIулев вукIана Халилбег. Гьес къачIалаан хIурматиял, кIвар бугел данделъаби тIоритIулел залал.
Гьедин пачалихъалъул заказ тIубазе релъенал хIажат ругиланги абун, Халилбегица Бакуялде нух босула. Гьениб паспортги гьабун, Турциялде уна. Гьенив (Самсуналда) гьев дандчIвала кIудияв вац МухIамадгун. Цинги гамидаги рекIун Варнаялде, хадув поездалдаги рекIун Мюнхеналде уна. Гьенир гIемер пайдаял лъай-хъваял ккола гьесул. Амма гIумру гьабизе захIматаб букIанин хъвалеб буго гьес жинцаго.
Халилбегил 24 сон букIана улка тун къватIиве унеб мехалда. Эркенго хIалтIизе рес кьурабани, кутакалда цеветIезе вукIана гьев. Амма я жиндирго ватIаналда советияб гIуцIиялъ, я доб заманалъул Германиялда гьединал ресал щвечIо художникасе. Германиялда, масала, хIатталдаса ун гIемерал гIорхъичIваял гьарулаан доб мехалда художниказе.
-Гьесул хIалтIабазухъ балагьун, махщел цIубараб мех лъазе бажарулищ? Масала, кинаб ригьалда рахъарал суратал лъикIал ругел?
-Диего рокьула гьес гIолохъанлъуда Дагъистаналда вукIаго рахъарал хIалтIаби. Гьеб мехалда сунцаниги квекIен гьабун гьечIоан хIалтIизе – я идеологиялъ, яги ватIаналъухъ чIалгIеналъ.
ВатIаналъухъ рухI бецIулеб букIаниги, хадубккун Германиялда гIумру рукIалиде бачIун буго художникасул. Хасго Меланигун дандчIвайдал. Гьел кIиялго рукIун руго цоцазе къваригIарал чагIи.
-Гьелъул сураталда гъоркь СагIадат абун хъван бихьана Халилбегица. Гьелъул магIна щиб?
-Дагъистаналда вугеб мехалда СагIадат абурай яс йокьулей йикIарай къагIида гьесие. Гьединго Темирхан-Шураялда Абуладзе абурав машгьурав фотографасул ясалъулгунги букIанин гьесул рокьиян хъвалеб буго.
-Интернеталда гIемер дандчIвала Зайнаб Дайитбеговагун цадахъ чIун бахъараб Халилбегил суратги. Гьей щий?
-Гьей кколаан Темирхан-Шураялдаса МахIачхъалаялде нух бахъарав инженер, бечедав чи ГIадилгерей Дайитбеговасул яс. Москваялда тохтурлъиялъеги цIалун, Дагъистаналда руччабазда гьоркьой тIоцеесей хирурглъун яхъана гьей. Халилбегил лъикIаб бербалагьи букIана гьелдехун. Квералъ гьелъул суратги бахъана гьес, гьелде кечIги хъван букIана.
Доб заманалда церетIурал дагъистаниязул къокъа букIана цоцалъ гьудуллъи бугеб – Тахо-Годи, Ахундовал, Къоркъмасовал, Дайитбеговал, Халилбег ва цогидал.
-Кьер гьечIеб къалмица рахъарал бихьиназул сураталги рихьана выставкаялда.
-Гьенир руго Дагъистаналдаса эмигрантазул тIоцебесеб кьералда гъорлъ рукIарал гIадамал. Халилбег гьелгун дандчIван вугоан Тифлисалда. Масала, имам Шамилил васасул вас СагIитбегги вуго гьенив.
Гьединго «Хвалил макьу» абураб суратги буго гьениб. Дие цIакъ асар гьабуна гьелъ. 1949 соналда бахъараб гьелъулъ загьирлъулеб буго Халилбегида жиндирго хвел гIагарлъулеб букIин лъалеблъи.
-Суратазда лъураб хасаб ишара яги мугьру бугищ гьесул?
-Халилбегица цин гIурусалъ хъвалеб буго суратазда гъоркь жиндирго цIар. Хадуб байбихьана гьеб гIажамалъ хъвазе, гьелдасаги хадуб -латин хIарпаздалъун. Цо заманалда гьес суратазда лъолаан жидерго тухумалъул мугьру гIадаб ишараги.
ПалхIасил, Халилбегил хIакъалъулъ хIакъикъат рагьизе жеги анцI-анцI сонал къваригIина. Дораса-гьаниса биценал рагIун гурони, чIванкъотIун данделъарал хIужаби цIакъ дагьал руго.
Диего Халилбегица гьабулеб асаралъул бицани, аслияб жо буго цо -магIарухъа вачIун шагьаралдегун гIадатияв дагъистанияс жиндирго цIарги махщелги халкъазда гьоркьосеб даражаялде бахинаби.