Новость на родном

РекIел хинлъи сайгъат гьабураб Дагъистан

Гьал къоязда нилъехъе гьоболлъухъе рачIун рукIана «Россия жакъа» абураб халкъазда гьоркьосеб агентствоялъул журналистал Юлия Насрудиноваги Владимир Песняги. Дагъистаналде рачIиналъе ккарабгIиллаялъулги мугIрузулаб улкаялъ гьел къабул гьарураб куцалъулги бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна Ю. Насрудиновалъулгун.   — Юлия, Дагъистаналде сапар бухьиналъе гIилла щиб ккараб?— Москваялда ва цогидал чIахIиял шагьаразда гIумру гьабулел ракьцоязда цIакъ лъикI лъала къватIисел улкабазул берцинлъи, тIабигIиял, ва...

Новость на родном

ЦIулдаса ГIумарасхIабил Чеченалда араб гIумру

Дие рокьуларо гIадамал реццарал макъалаби хъвазе. Амма гьанже хъвачIого гIолеб гьечIо. Гьеб реццги гуро, амма гьаниб дица рехсолел чагIи реццалъе мустахIикъал руго. Гьезулгун лъай-хъвай ккараб къогоялдаса цIикIкIун соналъ мадугьалихъ рукIаниги, дида гьезулъ цониги тохлъи бихьичIо. Гьединлъидал мех-мехалда ракIалде ккола ЦIулдаса ГIумарасхIабги Сугъралъа Аминатги дирго кьолбол чагIилъун ратун рукIараланищан. ГIумарасхIаб МухIамадовас 35 соналъ директорлъи гьабуна Каспи...

Новость на родном

Заназда цIализе цIарал гурони, ЦIар ахIизе гьечIехъ унтула керен

— ГIумру, лахIзаталъ лъалхъе!— Дир заман гьечIо. Киназулго гьари тIубазе кIоларо. — Щай? — Дуда рагIичIебищ гьаб хабар?— Кинаб?— Цоги лъикIав инсанас тана дуниял. Камуна гьесул гьимиги, сабруги, гIакълуги сверухъ ругезе. Диеги бокьун буго гьесухъ угьдизе. Те дун цодагьалъги дирго пикрабазда. Бокьун буго цоги, ахирисеб нухалда гьесул хIакъалъулъ гIадамазе бицине.   Диргун къо-лъикIги гьабун, ахирисеб...

Новость на родном

Камуна миллаталъе шагIир

Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъа КъурбангIалил хъизамалда гьавурав МухIамад ПатахIов гьитIинго машгъуллъана кучIдул хъваялде. Школалда цIалулел соназдаго гьесул асарал рахъана «РосдалзахIматчи», «БагIараб байрахъ» («ХIакъикъат») газетазда, «Гьудуллъи», «МагIарулай» журналазда. Гьединлъидал ГIарани росдал школаги республикаялъул культураялъул училищеги лъугIарав гIолиласе,Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул квербакъиялдалъун рес щвана Москваялъул М. Горькил цIаралда бугеб Литературияб институталда цIализе лъугьине.    1986 соналдаса байбихьун МухIамадица къватIире риччана...

Новость на родном

ЦIияб портги ччугIил консервазул заводги

Республикаялда байбихьана инвестициялъулаб проект гIумруялде бахъинабиялъул хIалтIи. 12 гама чIезе санагIатаб портги, 40 миллион консервазул банка къватIибе биччалеб заводги базе буго кватIичIого.   «Каспиялъул маяк» абураб предприятие рагьана республикаялда инвестораз, Каспийскиялъул килькаялъул бачIин цIикIкIинабиялъул мурадгун. ЧчугIил бачIин цIикIкIи­набизе ккани, хIажалъана тIадеги цоги портги базе.  «12 гама чIолеб порталда рукIине руго гуми къачIалел бакIал, ккураб ччугIил...

Новость на родном

ЦIунтIадерил депутатаз ганчIал речIчIана

12 октябралда ЦIунтIа районалъул администрациялъул минаялда ганчIал речIчIана бакIалъулал гIадамазул цо къокъаялъ. Гьелдалъун жагъаллъи ккана гьенир цере чIезарун рукIарал администрациялъулги районалъул бетIер Шамил МухIамадовасулги машинабазе.   ЦIунтIа райадминистрациялдаса «ХIакъикъаталъухъе» щварал баяназда рекъон, гьеб заманалда районалъул депутатаз бакIалъул собраниялъул нухмалъиялде Исрапил ГIабдулаев вищулев вукIана.Гьелде щвелалде ГIабдулаев вукIана районалъул бетIерасул заместительлъун. — Районалъул 23 депутатасда гьоркьоса 13...

Новость на родном

Аллагьас борцина лагъас тараб лъалкI

…Лъала шагьаралда дий къадар щвани,Машинаялъ ина дунги росулъе;Амма росулъа чи къаникь лъолелъул,КъварилъичIев дова хутIиларо чи. …РекIел гъварилъуда бегараб рухIел,БухIараб магIица гьурщула къватIиб.Анищлъун хутIараб тIокIкIараб рокьи,Зоноде бикьидал, бигьуна ургъел…

Новость на родном

ГIумруялъул болъаби

Казбек районалъул Дилим росулъа жамгIияв хIаракатчи, рагъул ве­тераназул советалъул член МухIамадрасул Мадаев лъаларев чи Сала­тавиялдаго ватиларо. ГIемерал шапакъатазе мустахIикълъарав гье­сулгун букIараб гара-чIвариялда гьадин бицана гьес:     — 1941 соналъул 30 декабралда КIудияб ВатIанияб рагъде эмен унеб къоялъ, дун вукIана щуго сон барав вас. Гьеб къоялъ дир инсу­ца, кодовеги вачун, каранде къана дун. Щибго бичIчIулареб...

Новость на родном

ГIалимзаби — Аллагьасул рахIмат

ГIолеб гIелалъ мисал босизе мустахIикъал бусурбабазул кьеразулъ вуго ДРялъул муфтияталъул мугIрузулаб территориалияб округал­да бугеб маслихIат гьабиялъул отделалъул нухмалъулев, Унсоколо районалъул имамзабазул советалъе щуго соналъ нухмалъи гьабурав ГъазимухIамад Абакаров. ЦерегIанго къоязда гьес цIунана исламиял гIелмабазул докторлъи­ялъе диссертацияги. Гьеб рохел гIахьал гьабун, Унсоколо районалда тIобитIана мажлисги. Гьелда гIахьаллъана ГъазимухIамадил гIага-божаралги, диниял церехъабиги, районалъул администрациялъул вакилзабиги. АхIана нашидал,...

Новость на родном

ЛъикIлъиялъулги яхIалъулги нухал гIатIидав

 Расалъаби тIугьдуз, тIогьал гIаздал цIураб ихдалил къоялъ лъай-хъвай ккана дир ГIиса Шарапудиновасулгун. Тележурналистка Ха­тимат МухIамадовалъ гIуцIараб гIолохъанал шагIирзабазул данделъи тIобитIулеб мех букIана доб.   — ГIисаги вачIунев вихьула, — ян Малачиева ГIайшатица абидал, ниж киналго гьей юссараб рахъалде ралагьана. Гьурмада разияб гьимиги щущан, гъутIбузда нахъасан ваккун вачIана ГIиса. Хъатикь ккураб папкаги сверизабулаго, гьев ни­жеда аскIове...